МагъчIваялъе рес

Культурайищ, култур-мултурайищ?


Россиялъул культураялъул министерлъиялъул сайт
Россиялъул культураялъул министерлъиялъул сайт

12 августалда МахIачхъалаялда Миллияб библиотекаялде ракIарарал культураялъул хIалтIухъабаз гьоркьоб лъун букIана кватIичIого къабул гьабизесеб федералияб къанун. Гьеб ккола культураялда хурхун пачалихъалъ гьабулеб политикаялъул кьучIазул бицунеб къанун.

Миллияб библиотекаялда гьеб данделъиялда гIахьаллъарав ГIахьвахъ мухъалъул администрациялда цебе рагьараб культураялъул бутIаялъул нухмалъулев Денга Махиевас бицана 25 азаридаса чияс дагь гIумру гьабулел мухъазда культураялъул бутIабиги къан, бакIалъул администрациязда культураялъул суалал тIуралев цохIо хIалтIухъан тезе тIадкъаял кьун кагътал рачIун ругила республикаялъул тIалъиялдасан. Гьелъул мурад рагIулила пачалихъалъул гIарац тIокI гьаби. Гьединго къалел ругила росдал магIишаталъулги цогидалги бутIаби, цо-цо махщелчи гьенивги тун. Культураялъул бутIабазда бан гьединал хIукмаби гьарун рагIула гIиси-гIисинал мухъазда (районазда). Гьедин батани гьанжелъагIан нуж руцIцIухIун щайинха чIун рукIарал жидедаги лазабичIогойин ахIи-хIур гьабуна Марита Мугадовалъ Миллияб библиотекаялда рукIарал культураялъул вакилзабазе. Гьей ккола Дагъистаналъул халкъияб творчествоялъул рукъалъул нухмалъулей.

Бицен гьабулеб суалалда тIасан ЭР-ялъе жиндирго пикру бицунеб буго Денга Махиевас.

Денга Махиев: «ГьитIинабго бутIагицин течIого, гIицIго цохIо махщелчи толев вуго культураялъул жаваб кьезе. ТIубараб бутIаялъул нухмалъиялъ гьабулебги, цохIо махщелчияс гьабулебги хIалтIи кинаб букIунебали нилъеда лъалаха».

ЭР: «Гьелъие гIилла щиб, жидерго бичIчIи гьечIолъийищ, яги хIукуматалъул гIарац тIокI гьабизе къваригIинищ?»

Денга Махиев: «Лъаларо, гьеб хIукму гьабулеб бакIалда хIукуматалъул рахъалдаса щив вукIаравали».

ЭР: «Цо рахъалъ босани, культураялъул хIалтIухъабиги букIине кколедухъ хIалтIулел гьечIелъулха, хасго росабалъ».

Денга Махиев: «Гьелъул жаваб кьезе тарал чагIилъидалха росабалъ ругел бегавулзаби. ХIалтIуларев чи нахъе вахъеха. ВацгIалин, цинагIалин абун дора трактористалги, механизаторалги къазаричIого, хIалтIулел чагIи теха. Рищиязда жидее гьаркьал кьунилан абун цере ккара-ккарал чагIи тезе бегьуларелъул хъулухъазда. Гьелдаго цадахъ культураялъул рукъзалги хьезареха шартIаздалъун. Интернетги чIезабе гъоба, гIадамал тIаде хьвадизе. МагIарухъ киназулго гурелъул рес букIунеб компьютерги цогидабги босизе. Телевизорги лъезе ккела, «Триколор-антеннаги» лъезе ккела, магIарул мацIалда риччалел газеталги рукIине ккела гьенир жанир. Жидерго ресалдасан газетал хъвалел чагIи дагь ругелъул, гьезухъ гIарац гIемераб унеб букIунилан. Гьел киналго ресал чIезаруни, культураялъул рукъзабахъе хьвадизе руго гIадамал. Амма росабалъ, узухъда, гьел гьечIо».

12 августалда Миллияб библиотекаялда гьоркьоб лъураб федералияб къануналъул проекталда тIасан разилъи гьечIолъи бихьизабулеб букIана искусствоялда тIад хIалтIулел Гулизар Султановалъги, Мариян Чалабовалъгун Татьяна Петениналъги, цогидазги. Масала, культураялда хурхун пачалихъалъ гьабулеб политикаялъул кьучIазул бицунеб федералияб къануналда аслияб кIвар буссинабулеб бугила гIурус мацI лъазабиялде. Амма Россиялда гIумру гьабулел гIисинал миллаталги кIочене бегьуларин абуна гьениб. Масала, Мариян Чалабовалъ абуна гIурус мацI дагъистаниязда гьадинги кутакалда камил гьабун лъалеб бугин, къваригIун бугин гьезда жидерго рахьдал мацIал лъазаризе. Щайин абуни Дагъистаналда гIезегIан ругила лъарагI лаларел лъарагIалги, магIарул лъаларел магIарулалги, цогидалги.

Гьединго Татьяна Петенина хIинкъизаюн йиго йигоан Россия кколин кутакаб культура гIуцIараб пачалихъилан гьеб къануналъул проекталда ругел рагIабаз.

Татьяна Петенина: «Культура гIуцIула пачалихъалъ гуреб, гьенир гIумру гьабулел халкъаз, ТIадегIанас тIаса рищарал гIадамаз».

Гьеб къануналъул проекталда хIисабалде босизе кколин улкаялда архитектураялъул рахъги пачалихъалъул халкквеялда тейин абуна гьеб данделъиялда. Щайин абуни гьабсагIаталда МахIачхъала шагьар босани, цо ккураб архитектураялъул къагIида гьечIила гьениб, кинабго бугила жуба-гъубан – Кавказги, Европаги, Азияги. Гьединго хваразе лъолел монументазул рахъалъ бугила тIубараб мугь-карщ. ГIарац буге-бугевщинав чияс жиде-жидерго умумузе бокьа-бокьаралъул лъолел ругила монументал.

Культураялда хурхун пачалихъалъ гьабулеб политикаялъул кьучIазул бицунеб федералияб къанун бахъизе ракIалде ккун буго Россиялъул президент Владимир Путинида (гъоркьисала культураялъулгун искусствоялъул шураялъул вакилзабазулгун букIараб дандчIваялдаса хадуб).

XS
SM
MD
LG