МагъчIваялъе рес

Хирияб къоялде хиралъулел багьаби


Щибаб соналъ КIалбиччанкъо тIаде щолелъул Дагъистаналда гIумру гьабун ругезул гIарз букIуна байрамкъоялда цебе ричарухъабаз ургъунго кванил нигIматазухъ багьа цIикIкIине гьабулилан. Гьелда бан «Эркенлъи» радиоялъул пикру ккана байрамкъоялда цебе кинаб ахIвал-хIал бугеб тахшагьаралъул кванил нигIматал ричулеб базаралдаяли цIех-рех гьабизе.

КIалбиччаялъул байрамалде хIадурлъулаго гIадамаз бищун гIемер росулел нигIматазда гьоркьоб рехсезе бегьула натIухI гьабизе цIулакьо, батIи-батIиял конфетал, печеньяби, чанго батIияб пихъ ва гьел гурел цогидалги нигIматал.

Гьезул багьабиги цо ккураб къагIидаялъ гьечIо. Мисалалъе цIулакьодул бищун гIодобегIанаб багьа буго 350 гъурщидаса бахъараб щунусгоялде щвезегIан. Амма кIалбиччанкъо тIаде щолелъул гьез гьеб хира гьабун бугилан абулеб бугоан МахIачхъалаялда гIумру гьабун ругезул цо-цояз. Гьединго хира бугин цогидал кванил нигIматазухъги багьаби.

Гьал къоязда тахшагьаралъул Ленинил цIар кьураб проспекталда унеб буго росдал магIишаталъул нигIматал ричулеб ярмаркаги. МахIачхъалалъул киналго базаразда бугелдаса батIияб багьа гьаниб гьечIилан рази гьечIого ругоан гьенире рачIарал гIадамал. Щибаб ярмарка тIобитIиялъул магIна кколин гьенир бичулеб жо учузго босизе бегьулин абураб, амма ахирал соназда тIоритIулел ярмаркабазда щибниги жо гьечIин учузго.

Шумайсат: « ЦIакъ хираго буго кинабго, найил цIибил, цIулакьо, гьуинлъи, пихъ-мичI помидор, гьан, хиралъичIеб жого гьечIо. БичIчIуларо гьал ярмаркаби сунде гьарулел жалали гьадинал гурони мукагIалъи гьечIел. Киналго гIадамал гьанире уна учузго къайи цIа босизе, амма гьаниб хираго батулеб буго. Руго гьанир учузал жалги, къажаразул дораса рачIарал синтетикаялъул ретIелги ва цоги гIиси-бикъинаб жоги, хутIараб жо босун бажарулеб хIалалда гьечIо».

Гьелдаго релълъарал жавабал кьуна цогидалги ярмаркаялде къваригIараб-тараб босизе рачIарал гIадамаз. Амма ричарухъаби рази гьечIо багьаби хира ругин гIадамаз гIайиб чIвалеб букIиналда. Цогидаб бакIалда дандеккун хирияб жо жидер гьаниб щибниги гьечIилан бицана гьуинал нигIматазул чанго батIияб тайпа бичулей ГIунайзатица.

ГIунайзат (йичарухъан): «РетIел-хьит гьаниб учуз буго, кванил нигIматалги гьанир ручуз руго, кIалбиччанкъоялде нижеца хира гьабураб жо гьечIо щибниги. ЛъагIалил щибаб заманалда нигIматазухъ багьабиги батIи-батIиял рукIуна, гьабсагIат руго риидалил заманаялъул багьаби.

ЭР: «Гьаб ярмарка хирияб къоялде гIадамазе учузго къайи-цIа босизе щвезе гIуцIараб бугищ?

ГIунайзат: «Буго. Учузго кьолебги буго. ЦохIо нилъер гьаниса гурелги гIурус ракьалдаса рачIаралги руго. Гьезги рекъараб багьаялде кьолеб буго. Нижеца халкъ къварид гьабуларо».

Цогидай йичарухъаналъ абуни гьадин бицана багьабазда сверун бугеб ахIвал-хIалалъул.

Хадижат: «Нилъ рижарав Аллагьасдаса рази гьечIел гIадамал бичулеб жоялдасаги разилъуларо, Аллагьасдаса разияв чиги нижер багьабаздаги разилъула. Гьале цIулакьо 400 гъурщиде буго, кибниги пихъ букIинчIо исана букIинчIониги 250 гъурщиде кьолеб буго нижеца бакъвараб курак. Минадальги буго 400 гъурщиде, гьале кишмиш 150 гъурщиде буго.

ЭР: «Босулеб бугиш гIадамаз, хираго бугилан гIарз бугиш гьезул?».

Хадижат: «Босулеб буго, щибниги гIарзги гьечIо. КIалалъ дин гьабулелиланги абун цо-цо тумазул херал руччаби рукIона къватIиреги рахъун гаргадилел, хутIарал разиго руго».

КIалбиччанкъоялде батIи-батIиял нигIматал росизе гIадамал унеб цоги базар буго МахIачхъалаялда. Гьеб ккола цадахъго гIемер кванил нигIматал ричулеб, халкъалда гьоркьоб цIумадисезул базар абун машгьурлъараб базар. Хас гьабун кIалбиччанкъоялде къайи цIа хира гьабизеян абураб пикру гьаниб лъилниги букIонарилан бицана вичарухъан Юсупица. Гьеб къо тIаде щолелъул цогидаб гIунгутIигун дандчIвалин жал ричарухъаби. НигIматал хадур гъезаризе кIоларого кIудияб квал-квал букIонин. Жидехъе къайи битIулеб базаялдеги гьеб россиялъул шагьараздаса бачIине кколин, амма байрамкъоялде кванил нигIматал росизе рачIарал гIадамал гIемерлъун гьеб хадуб гъезабизе кIолеб гьечIин гьездаги.

Юсуп (вичарухъан): «Хас гьабун Рамазан моцIалдеянги абун щибниги хиралъун гьечIо базаралда, хиралъулеб жо жеги жеги чанго моцIалъ цебего хиралъун букIана. Гьебги доба Москваялда, нигIматал хIадур гьарулеб заводалдасаго бачIана хиралъун».

Амма жидеца хира гьабичIониги кванил нигIмтал хираго ричулел чагIиги ругин гьеб базаралдян абулеб буго Юсупица. Гьел кколин жидехъаго босун къайи бичулел гIадамал. Гьелъул хIакъалъулъ гьадин бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

Юсуп: «Цогидаб мехалъ ричун унарел, кIалбиччанкъоялде гIадамаз росулел чанго батIиял шоколадалъул къоно, кексал ва цогидалги нигIматал руго. Нижехъаги росун тIад 50 гъурущги лъун ричула гьел цогидал кьеразда ругел ричарухъабаз. ГIор щун букIаго цIул бахъейилан абухъего щвараб хайир кодоса борчIизе толаро гьез. Байрамкъоялда цебесеб къоялъ базаралда букIонеб хIалкъаялда гьоркьоб гьеб босулел чагIазги гьеб киналъулго миллатицин гьабуларо, цогидаз босун иналде хъата-масан гьеб босизе журала гьел».

Исана кIалбиччанкъоялъул байрамкъояз гIадамазе хIухьбахъизе кьурал къоял цIикIкIун руго гъоркьисалда дандеккун. Гьедин Дагъистаналъул Конституциялъул къо, 26 июлалдаса байбихьун, кIалбиччалеб къоялъул нахъисеб къо 29 июлалде щвезегIан дагъистанияз хIухьбахъизе буго кинабниги ункъо къоялъ.

XS
SM
MD
LG