МагъчIваялъе рес

Гъенелел ругел цIиял рукъзадаса риххун унел басриялго лъикI


Гьал къоязда диванханаялъ хIукмуги къотIун 4 сонги кьун туснахъ гьавуна Хъумторхъала мухъалда риххунинел ругел минабахъа гIадамал цIиял бакIазде рахъинариялъе биччараб гIарац бикъиялъул гIайиб бугев Укаев Давлет. ЦIех-рехчагIаз чIезабун буго гьесда цадахъ гьеб гIарац бикъиялъулъ гIахьаллъи гьабунин жеги 12 чиясдасан гIуцIараб къокъаялъин. Гьел хутIаразда хурхун жеги цIех-рех лъугIун гьечIо. Гьеб гуребги, кинал суалалха дандчlвалел ругел цlиял бакlазде гочинарулезда?

Гьал къоязда диванханаялъ хIукмуги къотIун 4 сонги кьун туснахъ гьавуна Хъумторхъала мухъалда риххунинел ругел минабахъа гIадамал цIиял бакIазде рахъинариялъе биччараб гIарац бикъиялъул гIайиб бугев Укаев Давлет. ЦIех-рех чагIаз чIезабун буго гьесда цадахъ гьеб гIарац бикъиялъулъ гIахьаллъи гьабунила 12 чиясдасан гIуцIараб къокъаялъилан, гьел хутIаразда хурхун жеги цIех-рех лъугIун гьечIо.

«Фалькон-Строй» абулеб бакIал ралеб фирмаялъул бетIер Укаев Давлет лъагIалица цеве ккун вукIана къуваталъул идарабаз. Гьесдаго цадахъ ккурал Хъумторхъала мухъалъул администрациялдаса кIиго хIакимчиясдеги гьесдеги, риххун инел ругел, басриял минабахъа гIадамал цIиял рукъзабахъе рахъинариялъе биччараб бюджеталъул гIарцул I62 миллион гъурущ бикъиялъул гIайиб гIунтIизабун букIана. Гьал къояз диванханаялъ гьеб гIарац бикъиялъе гIайибияв вугин абураб хIукмуги къотIун Укаев 4 соналъ туснахъ гьавуна. Гьединго диванханаялъул хIукмуялда рекъон гьес пачалихъалъе 162 миллион гъурущги бецIизе кколеб буго.

ЦIех-рехчагIазул баяназда рекъон Укаевги гьесдаго цадахъ ккурав кIиго хIакимчи гурониги гьезул къокъаялда гъорлъ вукIун вуго кинавниги I2 чи. Гьел хутIаразда хурхун жеги цIех-рех унеб буго. Къокъаялъе нухмалъи гьабулеб букIун буго 2013 соналъул сентябралда бесдал лъималазе рукъзал росизе биччараб гIарац бикъиялъул гIайибги гIунтIизабун низамцIунулез ккун вугев Хъумторхъала мухъалъул бетIер Тотурбиев Русланица. Гьесул ишалда хурхунги жеги цIех-рех лъугIун гьечIо.

Ахирал саназда жаниб Хъумторхъала мухъалда риххун инел ругел рукъзабахъа гIадамал гочинарун руго 65 рокъоре, жеги 200 гIан хъизан буго цIияб рукъ щвезе кколезул сияхIалда. Гьел рукъзал ралелъулги букIине кколеб хIалалъ хIалтIабиги гьаричIого, гьел цIакъ хашго ран ругин абун разигьечIолъи загьир гьабун букIана гIадамаз. Гьелда хурхун Хъумторхъала мухъалъул Тюбе абураб росулъ цIиял рукъзабахъе рахъинарурал хъизаназ митингцин тIобитIун букIана. ЦIиял рукъзалин абун цохIо цIар гурони, жидер басриял рукъзабаздаса лъикIаб жо гьениб щибниги гьечIила, гIекколел тIохги бугила, кIичI-кIичIарал хасало данде цIорозарулел, риидала багIаризарулел къадалги ругила, горду-нуцIагицин сахаб гьечIилан абулеб букIана гIадамаз. ХIакимзабаз жидее рукъзал раялъейилан абун гIарацги тIалаб гьабун, гьеб жидедаго гьоркьоб бикьа-къотIун бугила, дагьабниги гIадамазул кIал къаялъе гьал тату хвараб рукъзалги ран ругин, абун ахIи букIана гIадамазул. Гьез ахIи-хIур бахъинабун хадуб Хъумторхъала мухъалъул администрациялде чанго нухалъ республикаялъул рикIкIеналъул палатаялъул халгьабиялги рачIун рукIана. МухIканал гурел баяназда рекъон гьел халгьабиязул хIасилал лъан хадур гьеб мухъалъул администрациялъул хIалтIул цIех-рех гьабизе лъугьун буго Федералияб ХIинкъигьечIолъибукIинабулеб идараги.

ЦIохIо Хъумторхъала мухъалда гурониги Дагъистаналъул цойгидал шагьараздагун мухъаздаги гьел бесдалазе рукъзал росизе ва риххун инел ругел рукъзабахъа гIадамал гочинариялъе биччараб гIарац бикъиялъул ахIи бахъун букIана. ХIакимзабаз гьеб ишалда хурхун гьабулебщиналдаса разигьечIелги гIезегIан ругин абизе бегьула. Гьединазда гьоркьоре уна МахIачхъала бакьулъ Буйнакскиясул, Агъабабавасул, Маячная, Эркенлъиялъул, Нахимовасул цIаралда ругел къватIахъ басриял рукъзабаз гIумру гьабун ругел гIадамалги. Гьел басриял рукъзабахъа цIияб бакIалде рахъинаризе ругин лъазабунхадуб, гьелдаса разигьечIолъиги загьир гьабун шагьаралъул администрациялде щун рукIана гIадамал. Гьез абулеб буго шагьар бакьулъаса жал кибалиго МахIачхъалаялъул рагIалда балеб бугеб гIемер тIалаяб минаялъуре рахъунарила.

Жидер риххун инел ругел рукъзалги гьечIила, басриял бакIал ругониги гIадамаз гIемераб гIарацги тIад хвезабун, рухIкьун къачIан берцинго чIезарун ругила гьел. Гьединлъидал шагьар бакьулъ жидеего санагIалъи бугеб хIалалъ къачIарал рукъзалги тун жал бетоналъул картIахъе рахъунарилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе биххун инеб бугилан рикIкIараб Буйнаскиясул къотIноб бугеб рукъалъул бетIергьан Самедов Мурадица.

Самедов Мурад: «ГIадамаз гьитIинал I0 яги бищун гIемер I4 квадратный метр гурони гьечIел рукъзабахъ гIадамаз жидеего санагIалъаби гьарун руго. Чангияз цойги рукъ босизе гIураб гIарацги хвезабун къачIан руго гьел. СанагIалъи гьабун жидеего богорукъ, чвердезе бакIал ран къачIан руго. Гьел басриял рукъзабахъ чвердезе бакIалгицин рукIинчIелъул. Гьанже чаналиго соналъ гIадамаз гьабунщинаб хIалтIиги, гьезул гьарурал харжалги хIисабалдеги росичIого цо кибалиго рахъинарун ниж инищ гьаниса, унаро. Шагьар бакьулъ бугеб басрияб бугониги, дицаго санагIалъабиги гьарурал рукъзал рокьила дие, шагьар рагIалда нижее кьезе бугин абулеб гIемер тIалаяб минаялъуб бугеб рукъалдаса. Гьебги нижер ургъел ккун гьабулеб бугеб жо гуро, хIакимзабазе къваригIун буго шагьар бакьулъ бугеб ракь. Нижер ургъел батани гьел нижер рукъзалги риххизарун гьениб щай балареб нижее гIемертIалаяб рукъ. Гьеб базе бакI кигIан бокьаниги лъугьунеб буго. Щай гурелъулха гьезие къваригIун гьечIелъул нижее лъикIлъи гьабун. БакIалъул тIалъиялъ ниж я цIунулел гьечIо, я нижее кколеб жо кьолеб гьечIо».

2014 соналъ Дагъистаналъул бакIалраялъул министрелъиялъ кьурал баяназда рекъон республикаялда басриял рукъзабахъа гочинаризе кколел руго 14258 чи. Къокъа заманалда жаниб гочинаризе кколел руго 337 минаялъур гIумру гьабун ругел. 2015 соналде щвезегIан гIадамал цIиял минабахъе рахъинариялъе республикаялъул бюджеталдаса 1,6 млрд. гъурущ бихьизабун буго.

XS
SM
MD
LG