МагъчIваялъе рес

Украиналдаса лъутарал рукlине ресал ратана


Машрикъалъул Украиналдаса лъутарал Дагъистаналде щвана. 28 июнь, 2014
Машрикъалъул Украиналдаса лъутарал Дагъистаналде щвана. 28 июнь, 2014

Украинаялдаса лъутун рачIарал гIадамал Дагъистаналда Каспий ралъдал рагIалда «Леззет», "Дельфин" ва "Золотые пески" абурал санаториязда чIезарун руго. Щунусидаса ворчIаравниги чи вуго гьезул. Аслияб куцалда гьел ккола Луганск ва Донецк икълимаздаса рачIарал гIурус миллаталъул чагIи. Гьелги гIемерисел лъималгун цадахъ лъутарал гIолохъанал хъизанал руго. Дагъистаналда гьединго рагьун руго Украинаялдаса лъутарал гIадамазе кумекалъе къайи данде гьабулел бакIалги.

Украинаялдаса лъутун рачIарал гIадамазул щунусидасаниги цIикIкIун чи гIун вуго Дагъистаналда. ГIодоркъояз чанго рейс гьабуна рагъулал ва транспорталъул аэропланаз Ростовалдаса МахIачхъалаялде.

Каспий ралъдал рагIалда, «Леззет», «Дельфин», «Золотые пески» абураб санаториязда гурелги, жидерго гIагарлъиялъухъ чIарал гIадамалги руго.

Аслияб куцалда гьел руго Луганск, Донецк областаздаса рачIарал гIурус миллаталъул чагIи. Гьел цин лъутун Ростовалде рорчIун руго, цинги гьенисан Дагъистаналде. Цо рахъалъ, жидее батIалъиги букIинчIин кире кканигиян бицана гьез. Амма Россиялде бокьун бугила гIемерисезе. Тулаялде, Москваялде. Амма Россияги резинадул гьабураб гурелъулхаян гьимана ЭР-гун гара-чIвариялда йикIарай Луганск мухъалъул Власовка росулъа Лена Флоренова. Жиндие, щаялиго, Шималияб Кавказ бокьулила.

Гьадин бицана Лена Флореновалъ ЭР-лъе.

Лена Флоренова: «БатIалъи щиб гIумру гьабун кир рукIаниги. Дун йикIина рагъ-муч гьечIеб, нилъедехун лъикIаб бербалагьи бугеб бакIалда, Украинаялда гIадаб бакIалда гуреб. Доба нижедехун бербалагьи квешаб букIана гIицIго ниж гIурусалъ кIалъалел рукIунилан. Кинабго буго украиназул мацIалда. Доз нижеда бихьизабунщинаб къварилъи. Дица абураб жо бокьараб бакIалдасан бихьизабе. ХIакъги букIинаха, букIаниги абила дица, дол нижеде ярагъ бахъарал васал чIвараб мехалда гьезул улбузда ракI гурхIуларо дир. Гьединаб къоялде ккезаруна доз ниж».

Лена Флореновалда гьанжеялдего хIалтIиги батун буго жалго чIараб «Леззет» санаториялда. Рукъ-бакI бакIарулей гIаданлъун.

Украинаялда кколе-толелъул гьерсал рицунел ругин дагIба букIуна прессаялда. Луганск мухъалдаса лъутун ячIун, «Леззет» санаториялда йигей Наталья Ивановалъ гьадин бицана ЭР-ялъе.

Наталья Иванова: «Украинаялда гьеб киналъулго хIакъалъулъ гьереси бицунеб буго. Россиялда цодагьа-макъабниги битIараб бицунеб буго. ГIадамазул рахIат хвезабиларилан тун батила гьединги, кинабго бицинчIого. Тамахлъизабулеб буго».

«Леззет» санаториялда ругел украинаялъулазул гIемерисезе бокьулеб букIинчIо ЭР-гун хабар гьабизе. Гьез абулеб букIана жал жеги нахъруссине кколин, Украинаялъул хасал хъулухъаз жал жидерго хIисабалде росун рукIине рес бугин. Гьединго жидее бокьиларин жидер гьурмал рихьизаризеги, цIарал рехсезеги. Щайин абуни, журналистал хIисабалдаги рачIун хасал хъулухъаз жидехъа сурав босарал гIадал мисалал чанги кканилан.

Украинаялъулал: «Ал киналго хIикъун руго, хIинкъун руго гьереси хъвалин нужецаян. Нижер руго 25 чи цогидаб профилакториялда. Нижер хIакъалъулъ хъвалеб буго нижее кIудияб кумек къваригIун бугилан. ГьечIо, нижер кинабго буго, киналго шартIалги чIезарун руго, щай гьез гьебгощинаб жо хъвалеб бугеб фейсбукалдаги контактаздаги?»

Дагъистаналъул захIматалуъл ва социалияб министерлъиялъул баяназда рекъон, гьез рагьун руго Украинаялдаса лъутарал гIадамазе къайи-цIа бакIарулел пунктал. Гьединго республикаялъул тIалъиялъул хIукмуялдалъун, дагъистаниязул цо къоялъул харж кьолеб буго гьезие кумекалъе.

XS
SM
MD
LG