МагъчIваялъе рес

Щибизе хисизарун шагьаразул цlарал?


Президент Путин Волгоградалда, 2Фев2013
Президент Путин Волгоградалда, 2Фев2013

Волгоград шагьаралда цIар Сталинград абун хисизе рес буго, гьеб шагьаралда гIумру гьабун ругез жидее гьедин бокьилин абун лъазабуни ва гьеб мурадалда халкъалда гьоркьоб референдум тIобитIани. Гьадинаб лъазаби гьабуна Россиялъул президент Путиница парангазул Довил шагьаралда КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIазулгун букIараб дандчIваялда.

Улкаялъул президентасул кIалдиса къватIибе араб гьеб рагIи гIумруялде бахъинабизе лъугьинеги бегьулин рикIкIунеб буго экспертаз. Амма пачалихъалъул тIадчагIаз абулеб бугила гьелъул магIна кколарин, «халкъалъул эменлъун» рикIкIунев вукIарав Сталинил цIар даимаблъун гьаби. Гьелъул магIна кколин Сталинградалда ккараб вахIшияб рагъ ватIаналда кIочене тезе бегьуларин абураб.

Вашингтон пост блогалда Адам Тейлор абулев чияс хъвалеб буго, цIар хисиялда бан тIобитIизе рес бугеб референдумалъул рахъ жинца кколин Путиница абиялъул магIна шагьаралда цIар хисизе кколин абураб гьечIониги, гьесул рагIаби цIар хисизе кколин абураб куцалда къабул гьабизе рес бугила улкаялъул тIалъиялда ругез ва гьеб иш гIумруялде бахъинабизе лъугьинеги бегьулила. ХIакъикъаталдаги, президент Путиница абуна шагьаралъул гIадамаз кинаб хIукму гьабуниги гьелъул рахъ кквезе жив хIадурав вугин, гьез абухъе гьабизеги кколин.

Амма гьелдаго цадахъ бачIунеб буго цогидаб суалги. Масала, Санкт-Петербургалъул халкъалъул цIикIкIарасеб къадаралъ референдумги тIобитIун, жидее цебегIадин гьеб шагьаралда Ленинград абураб цIар лъезе бокьилин абуни, хисизе бугебдай гьелдаги цIар? Гьединаб пикруйин абуни загьир гьабуна коммунистазул цевехъан Зюганов Геннадийица. ХIакъикъаталдаги, гьанже рахъун хIажат бугищха гьел ва цо-цо цогидалги шагьаразда цIарал хисизе? Гьеб суал кьуна нижеца коммунистазул партиялъул Дагъистаналда бугеб фракциялъул вакил Лабазанов ГIабдулвахIидие.

Лабазанов ГIабдулвахIид: «Волгоградалда хисун Сталинград абун цIар лъеялъулъ бугеб бищун кIудияб магIна ккола КIудияб ВатIанияб рагъда босараб бергьенлъиялъул гIаламатлъун гьеб букIин. Сталинград буго тIолабго дунялалдаго рагIараб ва лъалеб рагIи, Сталинил цIарги буго гьединабго куцалда машгьураблъун. Парижалда Сталинил цIаралда майдан бугеб мехалда, нилъеца щай гьесул цIар кIодо гьабизеги нахъбуссинабизеги бегьулареб. Ветераназ гьеб суал борхидал, Путиние гьеб рекIее гIун батичIого букIинеги бегьула, амма гьединаб магIнаялда референдум тIобитIани, якъинаб жо буго халкъалъул гIемерисеб къадаралъ гьелъул рахъ кквезе букIин».

Лабазанов ГIабдулвахIидица бицухъе, гьанже халкъалда бичIчIун рагIула Россиялъ тIаса бищараб капитализмалъул нух гьересияб ва кьучI гьечIеб букIин ва гьединлъидал, халкъалъ рахъ кквезе бугила цогидал шагьараздаги цере, ай советияб заманалда лъун рукIарал цIарал тIадруссинариялъул.
Динияв хIаракатчи ГIумаров МухIамадрасулил пикруялда, цогидал шагьаразул бицинчIого, цохIо гьеб Сталинград абураб цIар шагьаралъе тIадбуссинабизе цебего заман щун рагIула. Гьедин гьабизе ккеялъе гьадинаб гIиллаги рехсана гьес.

ГIумаров МухIамадрасул: «Волгоградалда хисун Сталинград абураб цIар лъей, гьеб ккола нилъеца тарихалъул гьабулеб къимат. Щайгурелъул, Сталинградалъулаб рагъалъ хисизабуна рагъул хIасилго. Тарихалъул тIехьалда киса-кибего хъван буго Сталинградалъулаб рагъ абун, амма картаялда гьединаб бакI батулебго гьечIо. Гьебги буго нилъго нилъецаго махсароде кквей».
ГIумаров МухIамадрасулица бицухъе, гьениб борхизе кколеб рагIула цохIо Сталинградалъул суал. Цогидал шагьаразда цIарал хиси, масала, Ленинград абун, гьениб лъазе кколила Ленинидасаги цIикIкIун Петер ТIоцевесес гьеб шагьаралъе цIикIкIун асар гьабун букIин.

Сталинград ВатIанияб рагъда бергьенлъи босиялъул гIаламатлъун букIин хIакъаб бугониги, цIидасан рахъун гьелда ва цогидалги шагьаразда цIар хисиялъулъ магIна бихьулеб гьечIо, журналист ХIасанов Темирханида.

ХIасанов Темирхан: «Сталинградалда ккараб рагъалъ КIудияб ВатIанияб рагъуе кIудияб асар гьабураблъи бичIчIула. Амма блокадаялда букIараб Ленинградги кIочене бегьиларогури. Гьедин цIарал хисиялде рачIани, гьелъ кIудияб зарал гьабизе буго улкаялъул экономикаялъе. Гьел цIарал хиси бигьаго тIубалеб суал гуро. Референдум тIобитIулагоги, цогидал документал хIадур гьарулагоги миллионал унеблъи хIакъаб буго. Гьединал цIилъаби гьариялда тIад инесел харжал, нухал-кьоял гьариялда тIадго харж гьаруни, халкъалъ хIукуматалъеги улкаялъул бетIерасеги баркала кьелаан».

Журналист ХIасанов Темирханица бицухъе, гьабсагIаталда Россиялъе хIажат рагIула экономика борхизабиялде кIвар кьезе, гIадамазул гIумру-яшав лъикIлъизабиялъе хIалтIи гьабизе. «ЦIарал руго бокьараб мехалда хисизеги, цIиял лъезеги бегьулел жал. Гьелде регIун ругищин абуни, дица абила регIун гьечIин».

Гьаниб нижеца хIалбихьана лъабго батIияб ригьалъул гIадамазул пикру загьир гьабизе, амма нижеца цIех-рех гьабуразул гIемерисез рахъ кколеб букIин бихьана Волгоградалъул бакIалда Сталинград абун хисизе ккеялъул ва цогидал шагьарал, Петербург батаниги, цогидал ратаниги жакъа рукIухъе теялъул.
XS
SM
MD
LG