МагъчIваялъе рес

Дагъистаниязда лъалареб Россиялъул байрам


Кремль
Кремль

12 июналда Дагъистаналда кIодо гьабуна Россиялъул къо. Амма киназдаго гуро лъалеб батараб гьелъул магIна яги битIараб цIар. Гьединго жибго Дагъистанги, республикаялъул бетIерас абухъе, жакъасеб Россиялдаса батIа кIанцIун чIараб гIадин хутIун буго.

Гьеб къоялда хурхун хIухьбахъизе ункъо къо щвана дагъистаниязе гIодоркъоялги малъун. Гьелда бан цо-цоязе щвана шапакъатал, чернобылалъулазе кьуна кIиго рукъ, гьединго Хунзахъги Дербенталдаги борхана Россиялъул байрахъалъул бищун кIудиязул цояб. Жалго гIадатал гIадамазул пикруялда рекъон, аслияб куцалда гьел рукIана тIасахун абун гьарулел тадбирал.

Щайин абуни масала, МахIачхъалаялда гIумру гьабулел гIемерисезе 12 июналъул кIудияб кIвар букIин загьирлъулеб букIинчIо. Гьелда цIарги батIа-батIайисан абулеб букIана – цояз Конституциялъул къойин, цогидаз – Россия лъидаго бачIолъиялъул къойин. Гьединго цогидазул разилъи гьечIолъи бугоан гьанжелъагIан Россия лъиданиги бан, лъилниги колониялъунищин букIараб, гьелда гьединан цIар лъезеян.

Фейсбукалдасан республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасги баркана дагъистаниязда Россиялъул къо. Жидеца кIварабщинаб гьабилин культуриябги экономикиябги рахъалъ Дагъистан Россиягун жубаялъеян хъвалеб буго гьес.

Дагьалъ цебе Халкъияб Мажлисалъул данделъиялда ГIабдулатIиповас абун букIана Дагъистан жакъасеб Россиялдаса батIа кIанцIун чIараб гIадин хутIун бугилан. Россиялъул регионалияб министерлъиялъул коллегиялда гьабура кIалъай ракIалде щвезабуна гьес гьениб. Крым Россиялъул квенчIелалъубе жибго бортун щай бачIарабали бичIчIичIищин гьикъанила жинца дозда. Щайгурелъул Крым Украинагун дармилал, культуриял ва цогидал бухьеназдалъун цоцалъ жубан букIинчIин. Гьебго жо бугила Дагъистаналъулги. Жакъа къоялда Россиялъул цониги регионалъулгун щвалде щвараб экономикияб, культурияб проект гьечIила Дагъистаналъул.

Къед базе вачIарав мадугьаласдасан лъан буго 12 июнь байрам букIин Гъуниб мухъалъул Гьонодаса ПатIиматида.

ПатIимат: «Дида гьеб жоялъул лъалеб жоцин букIинчIо. Гьадав къед балев чи вачIана, гьес бицана. Ясги ячун азарханаялде индал, жал жакъа хIалтIуларин абун бугоан гьесда. Гьеле гьес бицун гурони лъалеб жо букIинчIо дида гьеб, конституциялъул къо, жакъайищ эб бугеб, метерищали. БукIаниги, дие элъул ургъелги гьечIо, битIараб бицани, дун гьаний росулъ дирго магIишаталде юссарай гIадан йиго».

Вотс аппалдасан рехун рачIарал баркиялъул суратаздасан лъан бугоан I2 июналъул хIакъалъулъ МахIачхъалаялдаса Пайзудинидаги.

Пайзудин: «Россиялъул къо абун лъалеб букIанаха гьеб, Россия лъиданиги бачIеб къолъун лъазабун буго гьеб. Лъида бан гьбе гьанжелъагIан букIараб?»

Жиндир пикру ЭР-сан кьолеблъи лъайдал, Пайзудиница гьеб «гъалатI битIизабуна», жинца гьеб къо кIудияб байрам гIадин къабул гьабулилан.

Пайзудин: «КIодо гьабичIого тезе бегьилищха, хIукуматалъул байрам. Дун хIукуматалда хадув унев чи вуго. ИнчIого бегьилищ, дие гьелъ гьабураб квешлъи гьечIелъул».

Россиялъул къойин, конституциялъул къойин байрамал кIодо гьарулеб мехалда жинда жидерго халкъалъул, тIурачIого хутIарал масъалаби щолин ракIалдеян бицана ЭР-ялъе Унсоколо мухъалдаса АхIмад ХIамзатовас. Пачалихъалъ гьезул ракьалда лъел электростанциял рана. Амма гIадамаз абулеб буго жидее гьелъухъ рецIалил гIарац бецIун бахъунеб гьечIин 30 соналъ. Гьедин ракьаздаса махIрумлъи гуребги, экологияги буго гьеб мухъалда холеб, пихъидаги буго батIи-батIияб унти баккун.

Гьединлъидал къватIисахун жибго лъикI бихьизабулебго гIадин, Россиялъ жинда жанир ругел халкъазул гIузраби лъугIизариялдеги кIвар кьуни, лъикI букIинин рикIкIунеб буго гьес.

АхIмад ХIамзатов: «Крым цIунизе рахъунел руго МахIачхъалаялъул Родопалъул къотIноре. Нижерго ракь цIунизе рахъине ниж риччалел гьечIо, нижеда данде полиция бахъинабулеб буго».

Россиялъул къо Дагъистаналда ахиралде щвана бакI-бакIазда гьабураб кеп-ихтилаталдалъун.

XS
SM
MD
LG