МагъчIваялъе рес

Ракьазул суал кин тIубалеб Дагъистаналда?


Константин Казенин
Константин Казенин

ХIинкъигьечIолъиялъул суалгун цадахъ ракьул суалал рикIкIуна Дагъистаналда чара гьечIого тIуразе кколел масъалабилъун. Амма эксперт Константин Казениница бицаралда рекъон, ракьул масъала жибго тIагIуна республикаялда политикиябгун экономикияб ахIвал-хIал хисани.

Политолог Константин Казенин араб анкьалда иргадулаб нухалда щвана Дагъистаналде. Республикаялде гьев вачIунаан гьанир ругел ракьул масъалабазул хал гьабизе. Ракьал рикьиязда тIаса кколел конфликтазул чанги нухалъ хъванги букIана Казениница. Мисалалъе, гьес тIехь бичана Дагъистаналда ракьал рикьиялда тIаса кколел тунка-гIусабазул хIакъалъулъ.

Дагъистаналда Казенин щвана Болъихъ, Новолак мухъалда, Ленинкенталда. Гьес абухъе, гьениве гьев ана ракьул суалалда тIаса цIех-рех гьабиялъе гIоло. Болъихъ ракьазда тIаса кинал масъалаби рукIарали гьикъиндал, экспертас бицана гьенир ракьазда тIаса дагIба-рагIи букIинчIилан. Казенинил рагIабазда рекъон, совет хIукумат биххун хадуб Болъихъ байбихьана ракьал рикьизе ва гьенир киназулго ихтиярал цIунана. Мисалалъе, совет хIукуматалъ гIадамазухъа рахъарал умумузул ракьал гьезухъе нахъе кьуна.

Балъхъадерил гIадал цогидал мисалал Дагъистаналда гьечIилан бицана экспертас. ХIалбихьулеб букIун буго балъхъадериз гIадин ракьал рикьизе, амма гьедин суал щвалде щвезабизе кIолеб букIун гьечIо. Амма Казениница абуна мугIрузул Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалги гIатIиракьалъул Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалги дандеккезе бегьуларин. «Ракьалдаса экономикияб хайир щвезе бегьулел бакIал магIарухъ гIемер гьечIо. Мисалалъе, Болъихъ гIадамазда ракIалде букIун буго Совет хIукумат щвезегIан лъил кинаб ракьалъул бутIа букIарабали. Амма гIатIиракьазда ракьазул суал хIалуцинабулеб буго чанги жоялъ. Мисалалъе, миграция, совет хIукуматалъ гьарурал гочинариял, цоял мухъазул росаби цогидал мухъазул администрациялъухъе кьей ва гь.ц.», - илан абуна Казениница.

Гьесул рагIабазда рекъон, ракьазул масъалаби Дагъистаналда гIемер руго, амма росабалъ гьел суалал аслиял гуро. Казениница абуна ракьазул масъалаби жалго тIуралин тIоцебе республикаялда бугеб политикиябгун экономикияб ахIвал-хIал хисани. Гьес абуна «Эркенлъи» радиоялъе «бахчараб» экономика бугин кIвар кьезе кколеб суаллъунилан.

Константин Казенин: «Ракьазул суал бан буго цогидаб г1аммаб суалалда: кин Дагъистаналда бугеб ах1вал-х1ал хисилеб, кинал нухал ратилел экономика лъик1лъизабизе. Ракьазул суалазда абизе бегьула кIвар кьезе кколеб масъалаилан. Амма гьелдасаги жеги чIахIиял киназего гIаммал масъалаби руго. Нилъеда бихьулеб буго гури гIадамаз ракьал кколел рукIин рукъзал разеян. Гьедин рарал минабазул кIудияб масъала буго Дагъистаналда. Гьеб масъала тIубазе жеги байбихьун гьечIо. АнцIго соналъ цебе Дагъистаналъул хIукуматалъ хIадурарал справкабазда хъвалеб букIана федералиял автотрассабазда гIагарда ругел ракьаздацин минаби ралел ругин. Гьединго Дагъистаналда гIемер бицуна «бахчараб» экономикаялъул, амма гьеб суал тIубазе хIаракат бахъунеб гьечIо. ГIемерал бизнесменазе бокьун буго жидерго бизнес къануназдалъун бачине, амма гьезие нух кьолеб гьечIо пачалихъиял идарабаз. Гьоркьоса къотIичIого гьарулел халгьабиял, инспекцияби, налогазул суаалал – гьез киназго гьоркьохъеб бизнес чIвалеб буго. Дида ккола, Дагъистаналъул бокьарав президентасул аслияб программабалъун букIин кколин «бахчараб» экономикаялде данде къеркьей».

Дагъистаналъул росабалъ ракьул гурел, цогидал кинал конфликтал ругел? Гьеб суалалъе жаваб кьолаго Казениница абуна, росабалъ социалиял гIузраби гIемер ругин. «Мисалалъе, сахлъицIуниялъул система цIакъ накке буго, лъайкьялъулъ ратулел руго чанги масъалаби, социалиял шартIал чIезарулел гьечIо гIадамезе», - илан абуна экспертас.

Ахирисеб мехалда Казенин щун вукIана Дагъистаналда гъоркьисала ноябралда. Доб мехалда дандеккун гьанже батIаго хиса-басиял ккун ратичIин абуна экспертас. «ХIакимазул кьерда ккана чанги хиса-басиял. Дагъистаналда жакъа политикияб ахIвал-хIал хисизе бегьула цо моцIида жаниб. Ракьул суалазулъни батIаги щибго хисараб жо гьечIо. ХIукуматалъ хIаракат бахъулеб букIана Караман росулъ бугеб суал тIубазе. Хасаб комиссиялъул хIукмуялда рекъон, Караманалъул ракьал хIукуматалъе тана ва тумалгун лъарагIазе цогидал ракьал рихьизаруна. Амма гьединаб хIукмуялъ Караманалда бугеб ахIвал-хIал жеги хIалуцинабуна», - илан бицана Казениница.

РикIкIунаан туризм цебетIеялъеги квал-квал гьабулеб бугин ракьул суалалъ. Казениница абуна туризмалъул бициналда цебе, Дагъистаналъул хIукуматалъ тIоцебе жаваб кьезе кколин цо суалалъе: «Гьаниб криминалияб ахIвал-хIалги букIун, кинал туристал рачIинел?»

Гьединго экспертас тIаде жубана росдал магIишат цебетIеялъе квал-квал гьабулеб бугин ракьул суалаз. «Ракьул реформа гьабизе ккола Дагъистаналда, росдал магIишат цебетIезе бокьун батани. Хъутаналъул ракьазда сверун гIемер дагIба-рагIи буго, мисалалъе», - илан абуна Казениница.

XS
SM
MD
LG