МагъчIваялъе рес

Кавказалда бугеб ахIвал-хIал россиялъулазул бадисан


Шималияб Кавказалъул республикабазда бугеб ахIвал-хIалалъе россиялъулаз лъикIаб къимат кьолеб буго. Гьедин лъазабулеб гIадамазул пикраби лъазарун цIех-рехал гьарулеб «Левада-централъ».

«Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIал ва гьелда тIаса россиялъулазул пикраби» илан абураб цIех-рех «Левада-централъ» гьабуна марталъул ахиралда. Гьал къоязда гьеб гIуцIиялъ тIатинаруна цIех-рехалъул хIасилал. Централъул пресс-хъулухъалъ лъазабухъе, цIех-рехалда гIахьаллъана Россиялъул 45 регионаздаса 1603 чи.

Гьединаб цIех-рех «Левада-централъ» январалдаги гьабун букIана. Гьеб мехалда Шималияб Кавказалда ахIвал-хIал лъикIаб бугилан абулел цIех-рехалда гIахьаллъарзда гьоркьор гIемер ратичIо – 18% гурони. Гьанжени гьединал пикраби ругезул къадар 45% бахана. ТIадежоялъе, ахIвал-хIал Шималияб Кавказалда жеги хIалуцинин рикIкIунезул къадарги дагьлъана. Процент хIисабалда, гьединазул къадар янвралда 21% букIана, гьанже 12% буго.

«Левада-централъул» директор Лев Гудковасул пикруялда рекъон, Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIалалъе россиялъулаз лъикIаб къимат кьолеб буго Украина сабаблъун. Гьес абухъе, Россиялъул югалъул республикабазда лъикIалин абизе бегьулел хиса-басиял гьечIо: тунка-гIусиял, кьвагьи-квагьдеял, хасал операциял гьоркьоса къотIулел гьечIо цо-цо регионазда, амма гьезул бицунеб гьечIо информациялъул алатаз. «Информагентствобаз гIемерисала бицунеб буго Украиналда бугеб ахIвал-хIалалъул ва гьелдалъун Кавказалъул республикабазда кколел лъугьа-бахъиназдехун интерес дагьаб буго, Кавказалъул темаялда ургъунго хадур лъугьинчIел гIадамазда ракIалде кколеб буго гьениб ахIвал-хIал хисулеб бугин лъикIаб рахъалдехун», - илан абуна Гудковас. Гьединго гьесул пикруялда рекъон, Сочиялда Олимпиял хIаял унел мехалда Россиялъул Кавказалда кколел тунка-гIусиязул бицунеб букIинчIо кIудиял информ-агентствобаз.

«Левада-централъул» экспертаз рикIкIунеб буго гIагараб заманалда россиялъулазул бербалагьиял хисизе ругин. «Улкаялъул президент Владимир Путинил рейтинг цIикIкIана ва Россиялъул хIукуматалъул хIалтIуе лъикIал къиматал кьолел руго, гьелдалъун Шималияб Кавказалдаги ахIвал-хIал лъикIаб бугин кколеб буго гIадамаздаилан», - бицана социолог Денис Волковас. Гьес ракIалде щвезабуна 2008 соналда Грузиягун ккараб конфликталъги Путинил рейтинг цIикIкIинабунин, амма гьеб гIодобе кканин цо-кIиго моцIидаса финансовияб кризис байбихьараб мехалда.

«Левада-централъ» гьабураб цIех-рехалда рехсон буго россиялъулазул кавказалъулаздехун кинаб бербалагьи бугебали. «Левада-централъул» нухмалъулев Лев Гудковас бицана «Эркенлъи» радиоялъе Кавказалдаса рачIараздехун Россиялъул цогидал регионазда бербалагьи лъикIаб гьечIин.
Лев Гудков
Лев Гудков
Лев Гудков: «Ксенофобия Россиялда кIодолъулеб буго. ГIадамазе кавказалъулал рекIее гIолел гьечIин абиларо, рокьулел гьечIо Кавказалдаса рачIарал. Цояб рахъалдаса балагьани, ксенофобия тIибитIизабулеб буго хIукуматалъги. Цогидаб рахъ босани, ксенофобия баккиналъе гIиллабилъун рикIкIине бегьула экономикиял суалал, хIалтIигьечIолъиялъул масъалаби. Россиялъул неонацистазда гъорлъ руго гьединал масъалабигун дандчIварал чагIи. Гьединго «ГIела Кавказ кваназабун» абураб лозунгалъул рахъ ккурал чагIиги гIемерлъулел руго. Бищун гIемер гьединал чагIи руго чIахIиял шагьаразда ва чIахIиял шагьаразда ксенофобия цIикIкIун дандчIвалеб буго».

Россиялъул регионазда ксенофобиялъул къадар гIодобе ккезабиялъе гIоло Шималияб Кавказалъул цо-цо республикабазда ургъулел рукIана специалиял программаби. Мисалалъе, Чечняялда ургъана республика тун къватIире аразул рукIа-рахъин кинаб букIине кколебали рехсараб хасаб кодекс. Гьеб кодекс гIуцIана гIурус националист Дмитрий Демушкингун цадахъ. Амма «Левада-централъул» директор Гудковасул пикруялда рекъон, кавказалъулахул рукIа-рахъин сабаблъун гуро ксенофобия Россиялда цебетIолеб бугеб.

Лев Гудков: «Дида ракIалде кколаро рукIа-рахъин сабаблъун рокьулел гьечIин кавказалъулал. Кавказалдаса гIолилазда хъинтIарал руго чанги квешал мисалал, амма гьел мисалал сабаблъун гуро неофашистал гIемерлъулел ругел. Дица абухъе, гIайб хIукуматалдаги буго. Цо-цо хIакимаз жидеего политикиял баллал щвезеилан мех-мехалдаса борхун миллияб такъсирчилъиялъул суал, гьезие бокьула абизе гIемерисел такъсирал Москваялда мигрантаз гьарулел ругин. Амма гьеб гьедин гьечIеблъи бихьулеб буго статистикаялъул хIисаб гьабуни. ХIисаб гьабулел чагIи къанагIат гурони ратулел гьечIо. Демагогия гIемер буго гьеб суалалъулъ».

Ксенофобиялда тIаса цIех-рехал гьабулеб «СОВА» централъул эксперт Наталья Юдиналъ гьал къоязда «Россиялъул радиоялъул» эифаралда абуна, цогидал улкабазде дандеккун Россиялда ксенофобиялъул къадар цIакъго цIикIкIараб бугин. «Россия рикIкIуна демократия бугеб улкалъун, амма демократиял улкабазда ксенофобиягун къеркьола. Россиялдани гьелъие нух кьолеб бугин ккола», - ян абуна Юдиналъ.
XS
SM
MD
LG