МагъчIваялъе рес

Путинил 12-билеб «битIараб бухьен»


Путинил 12-билеб «битIараб бухьен», Апрель 17, 2014
Путинил 12-билеб «битIараб бухьен», Апрель 17, 2014

Хамиз къоялъ 12 нухалда тIобитIулеб Россиялъул прездиент Владимир Путинилгун "битIараб бухьеналъул" заманда кьурал гIемерисел суалал Украинаялда ва Крымалда хурхарал рукIана, гьезда гьоркьоб Путинил хасаб гIумруялъул хIакъалъулъ кьурал суалалги камичIо. Цо-цо Дагъистанияз гьесие кьелаанин рехсарал суалазулги букIана социалияб хасият.

17 апрелалда Россиялъул президент Владимир Путинилгун букIараб битIараб бухьеналъул заманалда гьес лъазабуна магърибалъулаб Украинаялда лъугьунеб-толелъулъ Москваялъул гIахьаллъи бугин аби гьеб гьадингояб чIанда бугилан.

Гьебго заманалда Путиница лъазабуна Крымалда эркенаб къагIидаялъ референдум тIобитIиялъе ва гьениб гIадатияб халкъалде данде ярагъ хIалтIизабичIого букIиналда хадуб халккун, Крымалъул жалгоцIунарал аскаразда хьолбохъ чIун рукIанин Россиялъул аскариялгийилан.
Гьаб ахираб заманалда Украинаялда ккаралда тIасан суалазе жаваб кьолаго Россиялъул президентас лъазабуна Украинаялда тIалъи конституциялда дандекколареб хIалалъ хисани ва гьеб тIалъи хисулаго ярагъги хIалтIизабунилан.

Магърибалъул Украинаялъул халкъалде данде танкал ва рагъулал самолетал хIалтIизари Киевалъул тIалъиялъ гьабураб иргадулаб такъсир бугинги лъазабуна гьес. Гьелдаго цадахъ 17 апрелалда Женеваялда Евроцолъиялъул, Цолъарал Штатазул ва Украинаялъул ва Россиялъул вакилзабазда гьоркьор цIакъ кIвар цикIкIарал гара-чIвариял ине ругин, гьез Украинаялда бугеб ахIвал-хIал лъикIлъизабиялъе ва гьеб пачалихъалъул магърибалда гIумру гьабун ругел гIадамазда гьоркьоб рекъел букIиналъе кIудияб кумек гьабизе бугин лъазабуна Путиница.

Аслияб къагIидаялъ Владимир Путиние кьолел суалал Украинаялда ва Крымалда хурхинарун рукIана. Украинаялъ Россиялъул газалъухъ кьезе бугеб гIарцул суалги борхана гьеб тадбиралъул заманда. Президентас гьадинаб жаваб кьуна гьелъие:

Владимир Путин: «Ниж хIадурал руго цоги моцIалъги бугеб ахIвал-хIал хIехьезе. МоцIида жанибги нижее кьезе кколеб налъи яги гьелъул бутIа кьечIони, нижеца хIалтIизабизе буго цебе рагIац кьезе кколеб къагIида. Гьелъул магIана ккола Украиналъ газихъ гIарац моцIалъ цебе кьезе кколин абураб. ТIубараб багьа гьечIониги, гьелъул бутIагIаги. Гьез кьураб гIарцуда рекъон биччазе буго нижеца гьезие гIарац. Гьеб буго захIматаб къагIида. Гьелъ европалде гьабулеб газил транзиталъе квал-квалал гьаризеги рес буго».

Президентасул хасаб гIумруялда тIасан суалги букIана битIараб бухьеналъул заманалда. Дуца кидайн чIужу ячине йигейилан цIехедал гьес гьадин жаваб кьуна:

Владимир Путин: «Дица цин росасе кьезе ккола дир йикIарай лъади Людмила Александровна. Хадуб гурони дирго ургъел гьабун жо кколаро».

Крым Россиялде гьоркьобе бачиналъул бицунаго Владимир Путиница лъазабуна Москваялда киданиги ракIалда букIинчIила Крымалда рагъулал тадбирал тIоритIизе. Гьел тадбирал тIоритIизе тIамунила Россия, крымалда гIумру гьабун ругел гIурусазе хIинкъи букIин лъараб мехалда. Гьелда тIадеги президентас лъазабуна жиндир цIакъ кIудияб хьул бугила Россиялъул Федералияб Шураялъ жиндие Украинаялда рагъулаб къуват хIалтIизабизе кьураб ихтияр, хIалтIизабизе ккеларин, ва гьениб бугеб захIматаб ахIвал-хIал сиясатиял ва дипломатиял къагIидабаз нухда бачине кIвелилан. Украинаялъул магърибалъул рахъалда гIумру гьабун ругел гIадамазул ихтиярал цIуниялъе кIварабщинаб гьабизе кколин Россиялъиланги бицана улкаялъул бетIерас.

Гьебго Украинаялъул букIинеселъул бицунаго Путиница лъазабуна гьениб бищун цебе Украинаялда жаниб цолъиги, дандеккейги букIине кколилан. Гьениб ахIвал-хIал лъикIлъизаби референдумазда ва рищиязда бараб гьечIила, бищун цебе гьенир гIумру гьарун ругел гIурусазул ихтиярал цIуниялда бараб бугилан.
Дуца кинаб суалин кьелеб букIараб Россиялъул президентасейин цIехана «Эркенлъи» радиоялъ дагъистаналдаса гIадатиял гIадамазда.
Хунзахъ мухъалдаса ПатIиматица- гьадина суал кьезехъин букIун буго Владимир Путиние.

ПатIимат: «Росулъ гIумру гьабун ругел гIадамазе шартIал лъикIлъизариялъе кинаб хIалтIи гьабизе бугеб Россиялъул тIалъиялъ?»

МахIачхъалаялдаса мугIалим Гулишатица абуна жинца президентасда цIехелаанила чIобогояб медицинаги букIун азарханабазда гIадамазухъ гIарац щайин бакIаризе толебилан.

Владимир Путинилгун битIараб линия 2001 соналдаса нахъе тобитIулеб буго, гьелъул цо ккураб халалъиги гьечIо, гъоркьисала гьеб линия 5 сагIаталъ халат бахъун буго.
Patimat
XS
SM
MD
LG