МагъчIваялъе рес

Митингалъе изну кьечIо


СагIид Амировасул сверун ккураб рукъ.
СагIид Амировасул сверун ккураб рукъ.

ГьабсагIаталда туснахъ гьавун вугев СагIид Амиров эркен гьавеян абураб тIалабгун МахIачхъалаялда Родопалъул къотIноб митинг гьабизе къасд буго гьесул рахъкколезул.

Гьев ккола МахIачхъала шагьаралъул вукIарав мэр. Амма шагьаралъул нухмалъиялъ изну кьечIо митингалъе. Щайин абуни СагIид Амировасул чагIазе митинг гьабизе къваригIун буго 20 марталда.

Гьезин абуни гIарза бачIун буго 18 марталда. Мэриялъул информациялъул бутIаялъул хIалтIухъан Зайнаб ГIалимирзаевалъ ЭР-ялъе гьадин баян гьабулеб буго гьеб хIужа.

Зайнаб ГIалимирзаева: «Митинг гьукъиялъе гIиллалъун ккан гьез кватIун гурони гIарза кьечIолъи. Къануналда рекъон гьеб хъвазе ккола митинг гьабизе I0 къоялъ цебеккун. Гьединлъидал кIиго къо хутIидал администрациялъул ихтияр букIинчIо митингалъе изну кьезе».

Амма МахIачхъалаялъул мэриялъ гьукъулеб букIаниги, Амировасул чагIаз гьеб митинг гьабичIого толарин 20 марталдайин абурал баяналги руго. Гьелъул хIакъалъулъ гьикъизе гьезул цониги чи кодове щвечIо. Гьелда нахъа ругел чагIи цоял Москваялда, цогидал цоги бакIалда ругин абуна.

МахIачхъалаялъул администрациялдаса хъулухъчагIиги ругин гьеб митингалъе квербакъиялъе нухал ралагьулелин абун, ЭР-ялъ гьезул цоясулгун гара-чIвари гьабизе хIалбихьана. Амма жив гьелда гъорлъе къазавугеян велъана гьев.

Лъалеб букIахъе, МахIачхъалаялъул вукIарав мэр СагIид Амиров туснахъ гьавун Москваялде вачун ана гъоркьисала 1 июналда. Гьесде гIунтIизабулеб буго МахIачхъалаялдаса цIех-рехчи Руслан ХIажибегов чIваялъул гIайиб, гьединго «Стрела-2М» абулеб зениталъулгун ракетаялъул комплексги хIалтIизабун теракт гьабизе хIадурулев ватиялъул гIайиб.

Россиялъул ТIадегIанаб Диваналъ Амировасда хурхун данде гьабураб материал халгьабизе Ростовалде Шималияб Кавказалъул рагъулаб диваналде битIун буго. Гьелъие гIиллалъун ккун буго Дагъистаналда гьабулеб бугони гьесие диван, СагIид Амировас ва гьесул гIагарлъиялъ асар гьабизе рес бугин диваналдеян абураб пикру.

Россиялъул Генералияв прокурор хисулес журналистазе бицнеб буго Амировасул ишалда тIасан диваналда цере рахъине кколел нугIзаз абулеб бугин жидее хIинкъаби кьолел ругила, гIумруялдаса ратIалъизариялъулгицин хIинкъи бугин гьезие. Цо-цо нугIзал пачалихъалъ цIунулелцин руго.

Гьебго заманалда Амировасул адвокатаз ТIадегIанаб диваналда гьарулеб букIана гьесие диван Дагъистаналда гьабейин.

Гьединго бицунеб букIана цIех-рехалъул хIалтIи гьоркьоб къотIизе течIониги, Амиров туснахъалъуса эркен гьавун рокъове виччазе кколин гьесул сахлъи гьечIолъиялда бан. Амма гьезухъ гIинги тIамичIо, диваналъ прокуратураялъул рахъ ккуна.

СагIид Амиров туснахъалда чIезавиялъул болжал 1 апрелалде щвезегIан халат бахъинабуна дагьалъ цебе. Амма цо-цо экспертаз рикIкIунеб буго диван гьелде щвезегIанго байбихьизе бегьулилан.
XS
SM
MD
LG