МагъчIваялъе рес

Шамил Имам ва Барятинский


Шамил имам ва гиназ Барятинский. Гъуниб, 1859 соналъул 25 август. Теодор Горшелдица бахъараб сурат.
Шамил имам ва гиназ Барятинский. Гъуниб, 1859 соналъул 25 август. Теодор Горшелдица бахъараб сурат.

Исана тIубала 155 сон имам Шамилил нухмалъиялда гъоркь унеб букIараб гъазават Гъуниб магIарда ахиралде щваралдаса. Гьеб тарихияб хIужаялда пачаясулги советиялги тарихчагIаз абулеб букIана имам Шамил кверде восиялдалъун рагIалде бахъараб гIурус аскаразул бергьенлъиян.

Гьединаб официалияб гIелмияб пикруялде данде рагIи абизе гьукъарабги букIана. Ахираб заманалда гIалимзабазе жидерго пикраби эркенго загьир гьаризе рес щведал, баккана гьеб асир букIинчIин гьеб букIанин Пачаясулгун имам Шамиица гьабун къотIи-къайин абураб тIубанго батIияб версия.

1859 cоналъул август моцIалда Гъуниб-хъалаялда ккараб хIужаялда тарихчагIазги, хъвадарухъазги чIван къотIун абулеб буго гьеб букIанин гIурусаз имам Шамил асир гьави, гьев мутIигIлъизави.

Амма ахирисеб мехалъ цо-цо гIалимчагIаз щакаблъун бихьулеб буго гьеб тарихияб хIужаялъе кьураб къимат. Гьездаса цояв – тарихчи ва хъвадарухъан ХIажи-Мурат Доногъо. Гьесул рагIабазда рекъон гIурусаз доб къоялъ имам Шамил гукканин.

ХIажи-Мурат Доногъо: «Дир буго дирго хасаб пикру буго пуланаб асиралда хурхараб. Гьеб букIана гIурус пачаялъул администрациялъул иргадулаб гьереси. Хабар халат гьабичIого дица гьадин абила: дир хиял буго гьеб тарихияб хIужаялъул хIакъалъулъ мухIканаб макъала хъвазе.

Гъуниб 1895 соналъул август моцI. Къокъ гьабун абуни, кIалъа-басаял гьаризе вачIарав Имам Шамил гуккун вукIана гIурусаз. ГIурус пачалихъалъул гIамал кIодолъиялъ гьениб хIана аслияб роль.

ХIисаб гьабеха нужецаго: цо рахъалъан - дунялалда цIакъ кIудияб къуват бугеб ГIурус пачаясул империя, цогидаб рахъалъан - гIитIинаб имамат - ай, Дагъистаналъул ва Чачан ракьазул цо бутIа.

Кинабха маслигьат гьезда гьоркьоб букIине бегьулаан?!

Гиназ Барятинскиясги гьаруна цо-цо данде кколарел ишал, хадуб гьес имам Шамилил кIудияб хурматги гьабун букIаниги.

Имам Шамил гIакъилав инсан вукIиндал, ккараб ахIвал-хIалалъе рекъолеб къиматги кьун, гьес гьабуна жиндирго хIукму.

Иргадулаб гьересиялъулийн абуни, гьеб букIинчIо ракIалда гьечIого ккараб хIужа, пачаясул администрациялъ кидаго гьабулаан гьединаб сихIирлъи.

ГIурус генералаздаги, фельдмаршалазгдаги кIвечIо гIалхьулаб халкъун маслигьат гьабун буго, ян абизе. Маслигьаталдехун галаби тIамулел рукIана Крымалъул рагъул заманалдаги.

Мисалалъе Кавказалда пачаясул сардарлъун доб заманалда вукIарав Муравьевас бахъулеб букIана гьединаб хIаракат.

Амма официалияб Петербургалъ гьесие изну кьечIо Шамилгун маслигьат гьабизе. Хадув гьев эркен гьавун вукIана хъулухъалдаса. Гьесул бакIалде вачIана Барятинский. Крымалъул рагъдаса нахъе Кавказалда ругел гIурусазул къуватал цIикIкIана.

1899 соналъул 25 августалда рагъ ахиралде щвана Дагъистаналдаги. Журналистикияб цIех-рех дица байбихьила, дагь-дагь ккун дица гьелде хIадурлъи гьабулеб буго.

Иншаллагь, гьаб гIагардисеб заманалда жамагIаталда цебе дица лъезе буго имам Шамилил пуланаб асиралда хурхараб дирго хIалтIи».

Гьеб хIужаялда хурхараб цо документалда тIад ургъулеб мехал, раккулел руго цо-цо суалал.

Гьале I859 соналъул къоло анлъабилеб июлалда канцлер Горчаковас генерал-адъютант Барятинскиясухъе хъвараб кагъат:

«ХIурматияв гиназ!
Константинополялда вугев имам Шамилил вакилас нижехъеги вачIун, абуна, имамил хиял бугила нижгун гара-чIваризе...»

Хадуб канцлер Горчаковас Барятинскиясе буюри кьолеб буго гьелда хурхараб хIаракат бахъизе, ай имам Шамилгун кIалъа-басаял байбихьизе.

ТIолго дунялалда бугеб сиясатаб ахIвал-хIалалъул бицен гьабулаго, Горчаковас Кавказалда рекъел тIад чIезабиялдехун кIвар гьадин буссинабулеб буго:

«...гьаб гIагардисеб заманалда букIине бегьулеб Европаялъулаб конференциялда чIахIиял пачалихъаз тIуразаризе ккола цIакъ кIудияб кIвар бугел халкъаздагьоркьосел гIемерал масъалаби.

Кавказалда дуца рекъел тIад чIезабулебани Европаялда Россиялъул къадру анцIго нухалъ цIцIикIкIинаан, бийги гIодобе тIечIого, гIемераб гIарацги хвезабичIого.


Щибаб рахъалъан балагьани – гьеб ккола кIудияб кIвар бугеб иш. Тарихалъ дуе гьабсагIат рес кьолеб буго Россиялъе кIудияб хъулухъ гьабизе».

ПалхIасил, канцлерас сардарасда тIад къалеб буго, имам Шамилил киналго шартIал гьаб нухалъ дуца къабул гьаре ян абун.

Лъалеб букIахъе, маслигьат гьаби мурадгун гIурус пачаясул командованиялъул вакилзабазгун имам Шамилица гьединал кIалъа-ралъаял тIоритIулел рукIана ГIурус Кавказалъул рагъул тIолго халалъиялда.

РакIалде швезабизин тIоцересел:

Маслигьат гьабизе рес щун букIана 1837 соналдаги. Генуб росулъ сверухлъиялда имам Шамил дандчIвана Генерал Клюки-фон Клюгенаугун.

Гьес Шамилида абуна, гIурус пача НикIолай ТIоцевесев Тифлисалде вачIун вугила ва гьевгун дандчIвазе дур ресги бугилан.

Официалияб кагътида Клюки фон Клюгенауца гьадин хъвана: «Пачаяс Шамилил кIудияб хIурмат гьабизе бугин, Дагъистаналъул киналго бусурбабазул амирлъун гьавун».

Гьелие гIоло Шамилида тIадаб бугин Тифлисалде ине. Шамилица жиндир иргаялда абуна, гьелда тIад ургъизе заман кье ян.

Генерал разилъана, амма имамас квер бачунеб мехалъ гъорлъе жуварав наиб Ахбердил МухIаммадица Шамилил гIункIрукь ккун, ццимги бахъун, абуна «Капурасе имамас квер бачунеб гIадат гьечIо», ян.

Гьеб мехалъ Клюгенауца жиндирго гIанса эхеде борхизабуна, ва гьебго параялъ наиб Ахбердил МухIаммадицаги жиндирго ханжар лъалиниса къватIибе бахъана.

«Гьав нагIана батаяв чи цевеса нахъе вача», ян ахIана имам Шамилица, рагъизе хIадурав кIиявго дандияв хIалица ватIа гьавун.

Гьелдаса нахъе имамас гIурусазе жаваб кьуна, Тифилисалде жив ине гьечIин, гурусазде божилъи гьечIолъиялъ.

КIиабилеб хIужа: 1839 соналда АхIул гохIалдаса нахъе генерал Пуллоца имамасдехун вуссун маслигьат гьабиялде ахIи бан букIана. Амма гьелъие гIоло гьес тIалаб гьабуна Шамилил кIудияв вас Жамалудин аманат хIисабалда гIурусазе кье ян.

Шамиль разилъана, амма гьабураб къотIи-къай гIурусаз хвезабуна. ГIемерал сонал Жамалудиница рана Петербургалда. Гьесие тарбия кьуна живго НикIолай-пача ТIоцевесевас.

Рагъ халат бахъинабулаго, гIурус командованиялъ инкар гьабулеб букIана Жамалудин нахъе кьеялдаса. Ахир-къад имам Шамилил муридаз чабхъен гьабун, гъоркьлъалие росана таватиял Чавчавадзе.

Хадуб гIурус пача разилъана гьел руччабазухъ Жамалудин хисизе. Гьеб тарихияб хIужаялда хурхарал цIиял документал дагьалъ цере ратун руго Гуржистаналъул ГIелмабазул академиялда. Нижер программаялъе гьадинаб баян кьолеб буго академиялъул гIелмияв хъулухъчи Владимир Кекелияца:

Владимир Кекелия: «Гьеб кагъат, нижеда батун буго барон Александр Николаил архивалда.Амма гьеб бугин имам Шамилица квералъ хъвараб кагъат, ян ракI чIун абизе гьабсагIат кьучI гьечIониги, имам Шамилица абун хъвазабураб кагъат букIиналда лъилниги шаклъиги гьечIо.

Гьениб Кабардинский полк абулеб аскаралъул бутIаялъул бетIерлъун вукIарав Николаиясухъе битIараб гьеб кагъдида Шамилица гьарулеб буго, гьаб кагъат дуе кьурав чиясе рес кье ясирлъуда вугев пуланав чиясгун дандчIвазе ян.

Гьале гьелъул къокъаб магIна. Ратун руго цойги кагътал. Мисалалъе ГIавухъалъун наиб Хазул щуго кагъат. Доба бицен гьабулеб буго асирлъуда ругел хвасар гьариялъул хIакъалъулъ.

Анкьабилеб кагъат ккола - цIар тIад чIезабичIев цо чияс цогидав пуланав чиясухъеI854 соналда хъвараб. Байбихьуда дица рехсараб кагъат къватIибе бахъун бугоан I936 соналда гуржиязул гIарабист Церетелица. Жиндирго макъалаялда Церетелица рехсолеб буго имам Шамилил цойги кагъат, амма гьабсагIаталда дида батIичIо гьаб рехсараб кIиабилеб кагъат.

ЭР - Кин дуда бихьараб, доб мехалъ Петербургалда аманатлъун вукIарав имам Шамилил вас Жамалудин асирлъуре рукIарал руччаби Чавчавадзеязул руччабазухъ хисиялъул шартIгIаги дандбалеб гьечIищ гьеб кагътида?

Владимир Кекелия: «Имам Шамилица жиндирго кагътида гьелъул бицен гьабулеб гьечIо, амма наиб Хазул кагътида асирлъуда ругел цо-цо гIадамазул ва гьел хвасар гьаризе нухал ратиялъул хIакъалъулъ хIакъикъаталдаги хъван буго.

Гьед кагътал жеги загьирарун гьечIо. Ва дида ккола, Чачавадзелги имам Шамилил вас Жамалудинилги къисматал дора баянлъизе бегьулин».

Шамил Имамасул рукъ. Гъуниб. 1872 соналда бахъараб сурат.
Шамил Имамасул рукъ. Гъуниб. 1872 соналда бахъараб сурат.
Къарахъа МухIаммад ТIагьирица хъвараб тIехалда абун буго, жиндирго сиясатаб ва жамгIияб хIаракатчилъиялъул байбихьуда имам Шамилил аслияб хиял букIанила Дагъистаналда шаригIат тIад чIезаби, гIурусазде данде рагъ бачин гьесул аслияб мурадги гурин.

Амма гIурус пачаясул генералаллъун ва офицераллъун рукIарал дагъистаналъул ханзабаздаги, шамхалзабаздаги гьеб шаригIатги, живго имам Шамилги данде кколареллъун рихьулел рукIана. Ниж гьездаса цIуне ян, гьарулеб букIана гьез.

Гьай-гьай имам Шамилица тIад чIезабун букIараб низам данде кколареблъун букIана жибго гIурус пачалихъалдеги. ГIемерал гIурус солдатал лъутун рачIун рукIана гьесухъе!

Лагълъиялъ гъозие кьолеб гIакъубаялдаса чанги нухалъ лъикIаблъун гъозда бихьулаан имаматалда букIараб низам.

Гьадинаб маслигьат гьабизе рес шун букIана 1854 соналдаги. Доб заманалда Кавказалда сардарлъун вукIарав Николай Муравьевас пачаясе кьолеб букIана суал: щайдай бегьулареб Шамилил къадру хвезабичIого, цо-цо данде кколел шартIал тIад чIезарун рагъ ахиралде швезавизе, ян абун.

Амма ракълилаб къотIи-къай гьабиялъул бакIалда пачаяс сардар Муравьев хъулухъалдаса эркен гьавун, гьев Петербургалде нахъе ахIана.

Архивазда цIунулел руго имам Шамилица гIурусазул командиразухъе ритIун рукIарал гIемерал кагътал. Гьез бихьизабулеб буго кIиябго рахъалъе пайдаяблъун букIине бегьулеб маслигьат бала-гъалагьиялда хурхараб имам Шамилил кIудияб гъира букIараблъи.

Амма гIурусазе хIажатаб букIана Кавказги, имам Шамилги мутIигьлизаризе. Рекъелги, маслигьатги гъозие хIажалъана гIицIго 1859 соналда.

Шайих Жамалудинил вас ГIабдурахIманица гьадин ракIалде швезабулеб буго гьеб хIужа:

ГIурусазе бокьун бугин рекъел тIад чIезабизе, - ян абураб хабар шведал, имам Шамилица хъващтIан витIана гIаксаб рахъалде жиндирго вас Гъази-МухIаммад. Гьев тIад вуссараб мехалъ гIурусазул шартIазул хIакъалъулъ рагIидал, дирги руго цо-цо шартIал, - ян жаваб кьуна Имам Шамилица.

Ай, маслигьат тIад чIезабуралдаса нахъе жидееги, хъизам кулпаталъеги, асхIабазеги хIеж борхизе рес кьей, дагъистаниял аскарияб хъулухъалде ахIунгутIи ва Дагъистаналда шаригIаталъул диванал гIуцIе.

ГьечIони, ян лъазабуна имам Шамилица, рагъ гурони тIокIаб кинаб гIаги нилъер гIамаб хабарги букIине гьечIин.

«Имам, гьел дурго шартIал гурелги, ХъахIав пачаяс мун къабул гьавизеги вуго Петербургалда», - ян абуна гIурусазул вакиллъун вукIарав пуланав Мирза Худатица.

Абизе ккараб буго, гьаб нухалъ гIурусазул командованиялъ, ай сардар Барятинскияс, жиндирго рагIи тIубазабунин.

Имам Шамил ана Петербургалде, добаса ана Макка-Мадинаялде. Европаялъе Россиялъ бихьизабуна Кавказалда маслигьат тIад чIезабун бугеблъи.

Амма жибго Россиялда гьеб хIужаялда абулеб букIана имам Шамил кквей гьеб бугин.

Россиялда эркенго хьвадулев, эркенго гIумру гьабулев, Россиялъул пачаясул пенсия босулев, хадув Макка – Мадинаялде эркенго арав ва дова гIумруялдаса ватIалъарав чиясул гьединаб къисматалда бегьулищ абизе гьеб асир букIанин?

Гьаб суалалъе жаваб кьолаго, тарихчи Доногъо ХIажи-Мурадица абулеб буго тарих мекъсан бихьизаби гIадатияб иш кколин Россиялда некIогоялдасан. Гьес бачунеб буго гьадинаб мисал:

ХIажи-Мурад Доногъо «2009 соналда дирго хасаб жигаралдалъун МахIчахъалаялда бугеб Миллияб библиотекалда тIобитIана имам Шамил ракIалде швезабиялъул данделъи. Лъалеб букIахъе имам Шамил гIумруялдаса ватIалъана 1871 соналъул 4 февралалда ва вукъун вуго Мадина шагьаралда.

Гьеб тадбиралде дица ахIун рукIана мугIалимзабиги, гIалимзабиги, хъвадарухъабиги. Гьез гьаруна имам Шамилил гIумруялдаги, хIаракатчилъиялдаги, ГIурус-Кавказалъул рагъул хIужабаздаги хурхараб цо чанго доклад.
Дун вукIана гьеб жамгIияб тадбир бачунеб букIарав чилъун. Ва гьоркьо-гьоркьоб дица гьарулаан, дида ккоухъе, кIвар бугел баянал. Гьездаса цояблъун ккола имам Шамилил пуланаб васигаталда тIасан гьабураб баян.

Дица гьелъул мухIканаб биценги гьабуна. Дун вукIана гьеб гьересияб "васигат хъваялъе нугIлъун.

1991 соналда Шамил Имамасул цIаралда бугеб Фондалъул бетIерлъун вукIарав мунагьал чураяв профессор МухIаммадов Дибирица доб мехалъ хIадурлъи гьабулеб букIана Имам ракIалде швезавиялъул тIоцебесеб жамгIияб тадбир тIобитIизе Авар Театралда.

Гьале хасго гьединлъидал дица абулебги буго, гьеб документ гурин, гьеб театралияб васигат бугин. Гьеб васигат сценаялдасан артистасги цIалана.

Гьелдаса нахъе нижер цо-цо хъвадарухъабазги, жамгIиял хIаракатчагIазги, тарихалда тIад хIалтIулезги гьеб театралияб сценариялъул кесек жидерго газетабаздаги, тIухьдуздаги, журналаздаги, къватIибеги рахъун, документ хIисабалда бихьизабуна.

ХIасилукалам, гIадамазде бичIчIизабулеб букIана, гьале имам Шамилица бачун букIараб рагъалъе гьес жинцаго кьураб къимат.

Амма гьеб гьереси буго. ГьечIо гьадинаб васигат. БукIун батани архивазда, библиотекабазда ялъуни цогидал фондазда букIунарищха гьеб?»

Ана сонал. Имам Шамилие кьураб рагIи чанги нухалъ хвезабуна Россиялъул квершеллъиялъ.

Нахъе рахъун рукIана байбихьуда гIуцIун рукIарал шаригIаталъул махIкамаби, дагъистаниял хIалица тIамун рукIана пачаясе аскарияб хъулухъ гьабизе, жеги чанги нухалъ эркенлъиелъе гIоло дагъистанияз багъаризабун букIараб къеркьей бидулъ гъанкъизабун букIана.

Амма, абулеб буго Доногъо ХIажимурадица, тарих мекъсан бихьизаби, гьереси бици гьебги бугила халкъалъул чIухIиялда тIад гьабулеб зулму.

Имам Шамил жидеего бокьун асирлъуве ана, ян абураб хабар мекъаблъун букIиналъе далиллъун ккола хасго гьадинаб хIужа.

АхIулгохI ракIалде швезабуни, Генуб росдал рагIаллъиялда букIараб си цIуни ва гьезда релъарал цогидал лъугьа-бахъинал ракIалде швезаруни, «МутIигIлъе нуж», - ян гIурусаз балеб букIараб ахIиялъе жаваблъун букIун буго кьвагьдейги, кьалги.

Имам Шамил кидаго хIадурав вукIана жиндирго гIумру бичизе. Щайха 1859 соналъул 25 августалда Гъуниб имам Шамил ана гIурусазул кверде? Щай гурелъул Барятинскияс гьадинаб ахIи бачIо, ян хIасил гьабуна тарихчи Доногъоца.
XS
SM
MD
LG