МагъчIваялъе рес

Киргизиялда рищиязда бергьун буго Социал-демократияб партия


ГьатIан къоялда Киргизиялъул парламенталъул рищиязда кьурал гьаркьазул хIасилазда рекъон, бергьун буго Социал-демократияб партия. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна республикаялъул Централияб рищиязул комиссиялъул бетIер Тугуналы Абдраимовас.

Рищиязда хадуб хал ккун букIараб ОБСЕялъул тоххалчагIазул къокъаялъул бетIер, хасав координатор Игнасио Санчес Аморил лъазабиялджа рекъон, Киргизиялъул парламенталъул рищиял тIоритIун руго демократияб къагIидаялда.

Аммайин, лъазабун буго гьес, цо-цо гIисинал гIунгутIиял ругин гьаркьал кьеялъул процедурабаздайин.

XS
SM
MD
LG