МагъчIваялъе рес

Австриялда батун буго 70 жаназа жаниб бугеб рефрижератор


Австриялъул полициялъул лъазабиялда рекъон, Венаялдаги Будапешталдаги гьоркьоб бугеб трассаялда 27 августалда полициялъе батараб рехун тараб рефрижераторалда жаниб батун буго 71 чиясул жаназа, гьездаго гъорлъ 4 лъимералъулги ва микьго чIужугIаданалъулги.
Цо-цо версиязда рекъон, гьел рукIине бегьула мигрантазул жаназаби ва гIадамал гIанкъун ратизе бегьула гьава гIечIолъиялъ.

Полициялъулазулго лъазабиязда рекъон, гьеб хвелалде хурхен букIиналъул щаклъи букIун ккун рагIула лъабго чи.

Германиялъул канцлер Ангела Меркелица лъазабуна, автомобилалда жаниб гьелгущинал жаназаби ратиялъ миграциялъул кризисалъул суалал гьоркьор лъолел Европаялъул лидеразул ракI къварилъизабунин.

Гьеб лъугьа-бахъин ракIалдеги босун, Евроцолъиялъул улкабазул бутIруз цIодорал хIукмаби гьаризе рукIиналъул хьул загьир гьабуна Евроцолъиялъул къватIисеб политикаялъул идараялъул бетIер Федерика Могериница.

XS
SM
MD
LG