МагъчIваялъе рес

Европаялда мигрантазул къадар цIикIкIунеб буго


КIиазаралда щунусгоялдасаги цIикIкIун жидерго улкаби тун Европаялде нух бахъулев чи хун вуго Ракьдагьоркьосеб ралъдалъ 2015 соналъул байбихьудаса. Гьединаб мурадгун гьеб ралъад бахине хIалбихьана ахирисел моцIазда жаниб кинавгIаги 300 азаргоялдасаги цIикIкIун чияс.

Гьединаб статистика загьир гьабуна Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул жидерго бакIал тун лъутизе ккаразул идараялъул бетIер Мелисса Флемингица.

Ралъад бахун Грециялде щун вуго 300 азарго гIанав чи, Италиялде – 110 азарго.

Исана Европаялде рачIарал мигрантазул къадар цебесеб соналде данде ккун цIикIкIун буго кIигогIан нухалъ.

Сириялъул, Афгъанистаналъул ва ГIиракъалъул гIадамал аслияб къагIидаялде щолел руго Грециялде, Сахара тун гъоркьияб Африкаялъул рахъалдаса гIадамал аслияб къагIидаялда рачIунел руго Италиялде.

XS
SM
MD
LG