МагъчIваялъе рес

Усама бин Ладенил гIагарал хвана авиакатастрофаялда


КIудияб Британиялда бортун кьвагьана ункъго пассажиргун ва цо пилотгун хасаб бетIергьанлъи бугеб боржаро. Хэмпшир абулеб бакIалъул полициялъул лъазабиялда рекъон киналго пассажирал – Усама бин Ладенил гIага-боражал кколаан. Хэмпширалъул полициялъул вакил Ольга Веннерица гьадин лъазабуна.

Ольга Веннер: «Нижеда кIола дурус гьабулеб буго – авиакатастрофазул цIех-рех гьабулеб департаменталъулгун цадахъ нижеца байбихьана боржаро бортиялъе ккарал гIиллаби чIезариялда хурхараб хIалтIи. Нижеда кIола абизе боржароялда ункъго чи рекIун вукIараблъи. Цониги чIаго хутIичIо. Ракьалда лъиениги зарал ккечIо».

Авиакатастрофалъул хIасилалда хваразул цIарал рехсечIого, КIудияб Британиялда СагIудиязул илчи МухIамад бин Наваф ас-СагIудица жиндирго Твиттералда зигара бана Бин Ладенил тухумалдехун вуссун. Гьеб буго СагIудиязул ГIарабустаналда асар цIикIкIараб тухум.

XS
SM
MD
LG