МагъчIваялъе рес

Россиялъул вукIарав офицерасе Америкалъ диван гьабулеб буго


Америкалъул Цолъарал Штатазул диваналъ гьа баразул къукъа гIуцIана. Гьез хIукму гьабизе буго Россиялъул вукIарав офицер Ирек ХIамидуллинил ишалда бан.

Гьесде гIунтIизабулеб гIайиб – Афгъанистаналда ругел Америкалъул рагъулал хъулухъчагIазде тIалибаз гьарурал гьужумал хIадур гьари.

Гьединго гьев гIайибиявлъун рикIкIунев вуго Цолъарал Штатазул офицер чIвазе къасд гьабиялда бан. Диваналъул данделъи байбихьана Вирджиния штаталъул Ричмондалда. Данделъи халат бахъила щуго къоялда жаниб. ХIамидулин ккола Афгъанистаналда советияб заманалда букIараб рагъул ветеранлъун. Гьес абулеб буго жив такъсирчи гурин, жив рагъулав асир вугин, амма диванчияс гьеб къабул гьабулеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG