МагъчIваялъе рес

Россиялде данде цIиял санкциял


Цолъарал Штатаз тIаде журарал санкциял лъазаруна Россиялда ва Украиналда ругел физикиял ва юридикиял персоназде данде. Америкалъул финансабазул министерлъиялъул баяналда рекъон гьадинал тадбирал гьарун ругин цере лъазарун рукIарал санкциял кьваризари мурадалда.

ТIоцебесеб иргаялда бицен унеб буго россиялъул бизнесчагIи Геннадий Тимченкол ва Борис Ротенбергил компаниязул хIакъалъулъ. Гьел гIадамал ккола Россиялъул президент Владимир Путинил горсвериялъул чагIилъун. Гьединго санкционияб сияхIалде гъорлъе журан руго Украиналъул вукIарав президент Владимир Януковичил хIукуматалъул хъулухъчагIилъун вукарав ункъго чиясул цIарал.

XS
SM
MD
LG