МагъчIваялъе рес

Греция: референдумалда цебе гьикъа-бакъи гьабун буго


Грециялда 5 июлялда букIине бугеб референдумалда цебе гьабураб жамгIияб гьикъа-бакъиялъул хIасилалъ бихьизабуна, Халкъаздагьоркьосел кредиторазул шартIал къабул гьалулезул ва гьезде данде чIолезул къадар бащадгIанасеб бугин.

Амма Еврокомиссиялъул бетIер Жан-Клод Юнкерица абуна хIатта евроинтеграциялъул рахъ ккурал берьаницин Афинабазде гьабулеб букIараб халкъаздагьоркьосеб финансияб кумек гьоркьоса къотIиялъул суалгун гьоркьоб кIалъа-басаязде тIад руссине захIматго бугин.

Халкъаздагьоркьосеб Валютияб Фондалъул баяналда рекъон Грециялда тIадаб буго 50 миллиард евроялде бахунеб налъи бецIизе. Ва улкаялъе дефолталъул хIинкъи щолеб бугин.

XS
SM
MD
LG