МагъчIваялъе рес

Украиналъ Россиялъул аскариял хисиларо


Донбассалда Украиналъул аскарияз ккурал гIурусал Евгений Ерофеев ва Александр Александров хисизе Минскалъул къотIи-къаялъул шартIаз рес кьолеб гьечIо, щайин абуни суравалда гьел мукIурлъанил жал Россиялъул рагъулал хъулухъчагIи ругин абун.

ГьабсагIат гьел Киевалъул рагъулаб азарханаялда руго ва гъозие медикияб ва юридикияб кумек гьабулеб буго.

XS
SM
MD
LG