МагъчIваялъе рес

Обамаца гъулбасана Ираналда бараб къануналда гъоркь


Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца 22 маялда гъулбас лъуна Тегераналъул атомияб программаялда хурхараб къануналда гъоркь.

Гьелъ Конгрессалъе ихтияр кьолеб буго Ираналъул атомияб программаялда хурхараб къотIи-къаялъул хIасилаб текст гIадахъ босизе ва хIажатал хи са-басиял журазаризе.

Гьеб проблемаялъул суалгун гьоркьоб кIалъа-басаял тIоритIулел руго Ираналъги Цолъарал Штатазги, Китаялъги, КIудияб Британиялъги, Франциялъги, Германиялъги.

XS
SM
MD
LG