МагъчIваялъе рес

Путинил «чIагояб эфир» рихьдае гьабураблъун бихьана россиялъулазда


Владимир Путинил «чIагояб эфир» рихьдае гьабураблъун бихьанин жидедаилан абун буго «ЖамагIаталъул пикру» фондалъ цIех-рех гьабурал россиялъулаз. Фондалъул президент Александр Ослонил рагIабазда рекъон, цIех-рех гьабуразда гъорлъан 46% чагIаз абун буго Путиние суалал кьезе жидее бокьун букIинчIин, щайгурелъул «чIагояб эфиралда» жал божуларин.

«Гьел 46%-алде гъорлъ уна Путинил политика рекIее гIоларел чагIи ва гьезда бичIчIулеб буго «чIагояб эфиралда» Путиние кьолел суалал гIадатиял хIакимазе кьезе кколеблъи», - ян абуна Ослоница. ЖЭКалъул нухмалъулесе кьезе бегьулел гIадал суалал президентасе кьолел ругин абун буго цIех-рех гьабуразда гIадамаз.

«Эркенлъи» радияолъ цIех-рех гьабурал гIемерисел экспертазни абуна жал гьеб «чIагояб эфиралда» ралагьичIин, щайгурелъул гьеб кколин бизарлъараб, чIалгIараб программалъун ва гьенир унго-унгоги кIвар бугел суалал рорхуларин.

XS
SM
MD
LG