МагъчIваялъе рес

Узбекистаналда тIоритIана президентасул рищиял


ГьатIан къоялда Узбекистаналда тIоритIана президентасул рищиял. Улкаялъул бетIерасул хъулухъалде щвезелъун кьеркьолев вуго ункъго кандидат. Гьездаго гъорлъ жакъасев президент Ислам Каримовги. Рищиязда хадуб хал ккун вукIана 45 пачалихъалдаса 300 гIанав тоххалчи.

Гьаркьал кьей байбихьана сагIат анлъго тIубаралдаса. Ункъго сагIтидаса Узбекистаналъул Централияб рищиязул комиссиялъ рищиял лъазаруна тIоритIараллъун.

Узбекистаналъул оппозициялъул рахъ ккураз лъазабулеб буго, рищиязда рукIинчIин лъиданиги рачIел кандидаталин.

Гьезул рагIабазда, лъабавго кандидат колев рагIула гьанже бугеб нухмалъиялъул рахъ колел чагIи ва гьел рищиязда жидерго кандидатураби лъей ккола I99I соналдаса Узбекистаналъул нухмалъуда вугев 77 сон барав Каримов хъулухъалда хутIиялъе гьарулел манипуляцияби ва гьев цIидаса президентлъун вищиялда лъилниги щаклъиги рагIуларо.

XS
SM
MD
LG