МагъчIваялъе рес

Нью-Йоркалда гара-чIвари гьабуна СШАялъул пачалихъияв секретарасги Россиялъул къватIисел ишазул министарсги


2 марталда Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Инсанасул ихтиярал цIуниялъул идараялъул кулуаразда кIалъа-басаял тIоритIана Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрицаги Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровасги.

20 минуталъул гара-чIвариялда хадуб Керрица Твиттералда хъвана, Ларовасдаги жиндаги гьоркьоб букIанин Украиналъул, Сириялъул ва Ираналъул ядерияб программа контролалде гъоркье босиялъул суалазда хурхараб ракIбацIадаб дискуссияйин.

Гьелда цебе Керица лъазабуна жиндир ракI бакъван бугин Москваялъул централда Россиялъул вукIарав премьер-министр ва оппозициялъул лидеразул цояв Борис Немцов чIваялда хурхараб информация щун хадубин.

Цолъарал Штатазул президент Барак Обамацаги лъазабуна Цолъарал Штатаз цIакъ квешаб къимат кьолеб бугин Борис Немцов чIваялъейин ва Россиялъул нухмалъи ахIулеб бугин ракIбацIадаб ва баянаб цIех-рехх тIобитIиялдейин.

XS
SM
MD
LG