МагъчIваялъе рес

АнцI-анцIазар чи гIахьаллъана Москваялда Немцов ракIалде щвезавиялъул маршалда


АнцI-анцIазар чи гIахьаллъана Москваялда Немцов ракIалде щвезавиялъул маршалда. 01 март 2015.
АнцI-анцIазар чи гIахьаллъана Москваялда Немцов ракIалде щвезавиялъул маршалда. 01 март 2015.

АнцI-анцIазар чи гIахьаллъана тIоцебесеб марталда Москваялда Борис Немцов ракIалде щвезавиялъул маршалда. Гьеб гIуцIараз лъазабулеб буго гьеб тадбиралда 70 азарго гIанасев чи гIахьаллъанин. Гьебго заманаялда, Россиялъул полициялъул баяназда рекъон, гьелда гIахьаллъун вуго 7000 чи. Полициялъул баяназда рекъон, Петербургалда гьединабго маршалда гIахьаллъун вуго 6000 гIанасев чи.

Москваялда марш байбихьилалде цебе аза-азар чияс тIугьдул лъун руго Кремлалда аскIоб Немцов чIвараб бакIалда.

Вице-премьерлъун вукIарав оппозиционияв политик чIван вукIана 27 февралалъул сардилъ. Гьесде кьвагьараб анлъго гуллаялъул ункъгояб щун буго гьесда.

Россиялъул президент Владимир Путиница абуна Немцов чIвай бугин «провокацияйин», гьес Немцовасул эбелалъе гьев чIварал чагIи ралагьизе ва гьезие тамихI гьабизе бугин рагIиги кьуна.

Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъ халгьабулеб буго гьев чIваялъул чанго версиялъул. Гьездаго гьоркьоб буго «улкаялда ахIвал-хIал хIалуцинабизелъун» радикалиял исламистаз гьев чIван ватилин абураб версияги.

Живго Немцовас кьурал интервьюязул цоялда гьес абун букIана Украиналда сепаратистияб конфликталда Россиялъул гIахьаллъи букIин какаралъухъ Путиница жив чIваялда хIинкъи бугин жиндирин.

XS
SM
MD
LG