МагъчIваялъе рес

Хосни Мубаракил кIиго вас туснахъалъуса эркен гьавун вуго


Мисралда итни къоялда туснахъалъуса эркен гьавун вуго экс-президент Хосни Мубаракил кIиго вас.

Араб анкьалда диваналъ къотIун букIана гьезда гIунтIизабулеб коррупциялда хурхун гIайибалда тIасан диваналъул процесс байбихьизегIан

Алаа ва Гьамаль Мубарак туснахъалъуса къватIире риччазе. Гьезда жеги гIунтIизабулеб буго улкаялъул балъгоял баянал ричиялъул гIайибги.

Хосни Мубарак рехаралдаса ункъго сон тIубаялда хурхун гьатIан къоялда рукIарал протесталъул акциязда чIван вуго 15 чи. АнцI-анцI чи лъукъун вуго тIолабго улкаялда полициялда ва акциячагIазда гьоркьор рукIарал тунка-гIусиязда. Акциялде рахъаз загьир гьабулеб букIун буго Мисралъул гьанжесеб нухмалъиялда жидерго разилъи гьечIолъи.

XS
SM
MD
LG