МагъчIваялъе рес

Домодедово аэропорталда букIараб теракталда сверун ТIадегIанаб диванханаялъул процесс


Россиялъул ТIадегIанаб диванханаялда байбихьун буго 2011 соналда Домодедово аэропорталда теракт гьабиялда хурхун къотIараб хIукмуялда тIасан хъвараб гIарзаялъул хал гьабизе.

Араб соналъул 11 ноябралда Москва шагьаралъул диванханаялъ гIумруялъго жанир тIамизе хIукму къотIун букIана теракт гIуцIаралин чIезарурал лъабгоязе. Гьел ккола –Яндиевал Исламги Илезги ва Хамхоев Башир. Гьеб ишалде цоги гIахьаллъи букIарав Евлоев АхIмадие кьун буго туснахъалъул 10 сон. ТАССалъ лъазабулеб буго диванханаялъ чIезабун бугин гьез живго жинцаго кьвагьизавурав террорист-Евлоев МухIамад кьвагьи гьабураб бакIалде щвезавун вугин ва гьел яргъидгIуцIарал къукъабалъ рукIанин абун. Гьезда тIад гьединго къотIун буго 8 млн. гъурщил гIакIаги.

Домодедово аэропорталда кьвагьи гьабун букIана 2011 соналъул 24 январалда. ЧIван вукIана 37 ва лъукъун вукIана 172 чи.

XS
SM
MD
LG