МагъчIваялъе рес

Тегераналъул атомияб программаялда сверун бахIсал халат рахъине руго


Ираналъ ва дунялалъул анлъго цIебетIураб улкаялъ къотIи гьабун буго Тегераналъул атомияб программаялда сверун кIалъа-ралъаял тIасияб соналъул 1 июлалде щвезегIан халат рахъинаризе. Гьелъие гIиллалъун ккун буго 24 ноябралде щвезегIан букIараб болжалалда жаниб рахъал цо пикруялде рачIинчIолъи. Ираналъул атомияб программаялда сверун кIалъа-ралъаял цин чIун цин журан унел руго 12 соналъ. Магърибалъул улкабазул хIинкъи буго Ираналъул атомияб программаялъ атомияб ярагъ гьабиялде рачине бегьиялда бан. Ираналъ жиндирго иргаялда абулеб буго жидер атомияб программаялъул гIицIго ракълилаб хасият бугин. Рехсарал рахъазда сверун иргадулал кIалъа-ралъаял халат рахъине руго исана декабралда.

XS
SM
MD
LG