МагъчIваялъе рес

Гонконгалда цIиял тунка-гIуссиял


Гонконгалда нахъеги рагъарана полициялъулазда ва демонстрантазда гьоркьор тунка-гIуссиял. Нус-нус демонстрантаз къасд гьабун букIана хIукуматалъул административияб минаялде жаниве лъугьине.

Полициялъ магIу чвахизабулеб газ хIалтIизабуна. Протестал Гонконгалда байбихьана чанго моцIалъ цебе.

Протесталъул акциязул гIахьалчагIаз тIалаб гьабулеб буго 2017 соналда гьенир рагьарал рищиял тIоритIи.

ГьанжелъагIан гьеб икълималъул администрациялъул бетIер Китаялъул тIадтараз тIамулев вукIана.

XS
SM
MD
LG