МагъчIваялъе рес

Япониялъул ва Шималияб Кореялъул кIалъа-басаял


Пхьеньяналда Шималияб Кореялъул ва Япониялъул вакилзабаз тIоритIана кIалъа-басаял. Гьоркьоб лъун букIана – 1970-80 билел соназда Кореялъул Халкъиябгун Демократиялъул Республикаялда Япониялъул гражданал рикъиялъул суал.

Япониялъул рахъалъ тIалаб гьабулеб буго гьел хIужабазул цIех-рех гьаби ва гьелъул хIасил кватIичIого загьираби.

Хасал хъулухъазул баяназда рекъон дол соназда 13 японав викъун вугоан жасуслъиялъул хIалтIиялде гьел цIай мурадалда. Хасго жасусазде япон мацI малълъи.

Шималияб Корея разилъана цIияб цIех-рех гьабизе. Жиндир иргаялда Японияги разилъана Пхьеньяналде лъазарурал санкциял тамахлъизаризе.

XS
SM
MD
LG