МагъчIваялъе рес

Мисралъул нухмалъиялъ Синай бащдабчIинкIияллъиялда лъазабун буго гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIалалъул режим


24 октябралда хIинкъигьечIолъиялъул хIалтIухъабазде кIиго тIадекIанцIи гьабун хадуб, Мисралъул нухмалъиялъ Синай бащдабчIинкIиллъиялда лъазабун буго лъабго моцIалъул гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIалалъул режим.

Гьелъул хIасилалда хун вуго бищун дагь босун 33 чи.

Экспертазул пикруялда, бицен гьабулеб рагIула президент-исламист МохIамад Морси тIаса рехун хадуб хIукуматалъул къуватазде данде гьабураб бищунго бидулаб тIадекIанцIиялъул.

Щал гьел тIадекIанцIиязда нахъ ругелали гьанжеги лъалеб гьечIо.

Цере гьарурал гьединал тIадекIанциязул жавабчилъи рагIула «Ансар Бейт эль-Макди абураб радикалиял исламистазул къокъаялъул гIахьалчагIазда.

XS
SM
MD
LG