МагъчIваялъе рес

Багъдадалда гьабун буго кьвагьиязул серия


Багъдадалда гьарурал кьвагьиязул сериялъул хIасилалда, цебеккунисеб хисабалда, хун вуго 9 чи, 22 лъукъунги вуго.

Араб гьатIан къоялда шиитазул мажгиталда аскIоб гьабураб кьагьиялъул хIасилалда хун буго I5 чи. Нухмалъиялъ рикIкIунеб буго, кьвагьиязул къадар цIикIкIин хурхараб бугин «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул къуватал Багъададалде аскIоре щолел рукIиналдайин.

Гьезул кьеразулъ рагъулел ругин аслияб къагIидаялда сунниталин.

XS
SM
MD
LG