МагъчIваялъе рес

Украиналъул пилот Надежда Савченкоца хитIаб гьабун буго Россиялъул омбудсменалде


Украиналъул машрикъалъул рахъалда Россиялъул журналистал хвеялде гIайиб жинде гIунтIизабурай Украиналъул пилот Надежда Савченкоца Россиялъул омбудсмен Элла Памфиловалде хитIаб гьабун, лъазабуна Москваялъул цIех-рехалъул анлъабилеб изоляторалда ругел руччабазул захIматаб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ.

Гьелъул хIакъалъулъ «Твиттералда» хъван буго Савченкол адвокат Николай Полозовас.

Гьесул рагIабазда, гьей цIунулезул лъай-хъвай гьабун буго Савченкол ишалда хурхун тIобитIизе ракIалда бугеб экпертизаялда хурхараб кIиго хIукмуялъулгун.

Гьеб кколеб рагIула гьелъул телефоналъул ва «киналиго хъвай-хъвагIаязул экспертизаян» лъазабун буго адвокатас.

XS
SM
MD
LG