МагъчIваялъе рес

HRW: "Украиналъул армиялъ кассетабазул бомбаби хIалтIизарулел руго Донецкалда".


Human Rights Watch абураб халкъаздагьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ лъазабуна, октябралъул байбихьуда Украиналъул рагъул къуватаз Донецкалъул гIадамаз гIумру гьабулеб мухъазда кассетабазул бомбаби хIалтIизарунин.

ГIуцIиялъ кIвар буссинабуна гIадамаз гIумру гьабулеб бакIазда бомбабазул гьединаб тайпа хIалтIизаби халкъазда гьоркьосеб рагъулал къагIидаби хвезари кколеб букIиналде ва гьеб хIужжа рагъулаб такъсирлъун рикIкIине бегьиялде.

Инсанасул ихтиярал цIунулезул лъазабиялда рекъон, гьединал бомбаби хIалтIизариялъул хIужабазул регистрация гьабун буго анцIгоялдасаги цIикIкIун шагьараздаги росабалъги Украиналъул рагъулаздаги сепаратистаздаги гьоркьор тунка-гIусиял унеб мехалда.

Гьеб гIуцIиялъул доументазда рекъон, бомбабазул гьединаб тайпа хIалтIизабун Донецкалда ва гьелъул сверухълъиялда хун вуго анлъго чи. Human Rights Watch гIуцIиялъ кIвар буссинабулеб буго гьединго, гьединал атакабазул кинаб рахъалъул жавабчилъи бугебали чIезабизе захIматго букIиналдеги.

Амма жидехъ ругин чIван къотIарал далилал Украиналъул хIукуматалъул къуватаз гьединаб бомбаби хIалтIизариялъулин, лъазабулеб буго тIадеги гIуцIиялъ.

Украиналъул улка цIуниялъул министерлъиялъул вакил Богдан Сеникица лъазабуна Human Rights Watch гIуцIиялъ гIунтIизарулел гIайибазда гъоркь кинаб гIаги кьучI гьечIин.

XS
SM
MD
LG