МагъчIваялъе рес

Псковалъул депутатасе лъазе бокьун буго, кин Россиялъул десантникал Украиналда хваралали


Украиналда Россиялъул 12 рагъулав хвеялда сверун хIужаби баянлъизабиялъул тIалаб кьун буго Россиялъул прокуратураялъул тIадегIанаб идараялде «Яблоко» партиялъул Псковалъул бутIаялъул нухмалъулев, депутат Лев Шлосбергица.

Гьес тIалаб гьабулеб рагIула кинал буюриязда рекъон гьел рагъулаз жидецаго хъулухъ гьабулеб букIараб бакI танин, кинал ругин гьел хвеялъул багьанаби ва щвезе бугищ гьезул хъизаназе кинал рукIаниги социалиял бигьалъабиян абурал суалазе жавабал.

Шлосбергица гьабулеб букIун буго жиндирго лъиданиги бачIеб цIех-рех Украиналъул машрикъалъул рахъалда Россиялъул рагъулал конфликталда гIахьаллъиялда хурхун.

Гьесул хIисабалда, Псковалдаса I2 десантник хун вуго I2 июлалдаса 3 сентябралде щвезегIан Донбассалъул зонаялда.

Гьединаб информация бахъун хадуб августалъул ахиралда депутатасде тIадекIанцIи гьабун букIана.

XS
SM
MD
LG