МагъчIваялъе рес

Европаялда гIуцIизе руго хехал тIадкъаял тIуралел къуватал


НАТОялъул Генералияв секретарь Андерс Фог Расмуссен, Бросель, 1Сен2014
НАТОялъул Генералияв секретарь Андерс Фог Расмуссен, Бросель, 1Сен2014

НАТОялъул Генералияв секретарь Андерс Фог Расмуссеница лъазабуна Машрикъалъул Европаялда хехал тIадкъаял тIуралел къуватал гIуцIизе ккезе ругин, гьебги хIинкъабаздаса НАТОялъул улкаби цIунизейин. Чанго азарго чиясдасан гIуцIарал гьел къуватазда бажаризе ккола хIажаталъуб къокъаб заманаялда хIалае рахъине. Гьезде гъорлъе ине руго гьавадул, ралъдал ва ракьалда ругел къуватал.

XS
SM
MD
LG