МагъчIваялъе рес

НАТОялъ лъазабулеб буго Россия битIахъеб къагIидаялда Украиналъул конфликталда гIахьаллъулеб бугин


НАТОялъул генералияв секретарь Андерс Фог Расмуссеница Россиялде гIайиб гIунтIизабуна Украиналда унеб рагъалда битIахъеб гIахьаллъи букIиналъе гIоло. Гьес абулеб буго, Москва конфликталъул гIахьалаб рахъ кколарин абурал лъазабиял ругин чIорогосел, магIна гьечIел рагIабийин. Гьединаб лъазаби Расмуссеница гьабуна рузман къоялда Украиналъул кризисалда хурхун хас гьабун ахIараб НАТОялъул данделъиялда. Альянсалъул бетIерас лъазабуна, «гьанже баянго бихьулеб бугин Россиялъул рагъулаз ва техникаялъ Украиналъул гIорхъаби рахун рукIинин». Расмуссенил рагIабазда, Москваялъ сепаратистазе чIезарун руго танкалги артиллерияги. Рузман къоялда Украиналъул премьер-министр Арсений Яценюкица лъазабуна, «жинца нухмалъулеб хIукуматалъ ТIадегIанаб Радаялде битIулеб бугин Украиналъул блоказде гъорлъе ине нух къалеб статусалдаса инкар гьабиялъул ва НАТОялъул гIахьалаб улкаялде курс цIилъизабизе рес кьолеб къануналъул проектин».

XS
SM
MD
LG