МагъчIваялъе рес

Вацал Навальныязда хурхун диваналъул процессалда гьечIо прогресс


Москваялъул Замоскворецкий диваналъ цереккунисел гIенеккиязда хадуб хисизабун гьечIо Алексей Навальныясул рукъалъулаб арест ва «Ив Рошеялъул» иш нахъ буссинабун гьечIо Генералияб прокуратураялде. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго Твиттералда.

ГIайиб гIунтIизабулеб рахъалъ тIалаб гьабулеб букIана Навальный цIех-рехалъул изоляторалде жаниве тIами.

«Ив Роше» компаниялда цIогь гьабиялда хурхараб иш рагьун букIана вацал Аленксей ва Олег Навальныязда хурхун. Гьезде гIайиб гIунтIизабулеб буго кIудияб гIарцил къадаралда хурхараб макру-хIилла гьабиялъул ва 30 миллион гъурщил легализация гьабиялъул.

XS
SM
MD
LG