МагъчIваялъе рес

Румзман къоялда жал кьвагьдун руго МВДялъул идараялъул минаялде


1 августалда МахIачхъалаялда Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул экстремизмалде дандечIараб централде гранотометалдаса кьвагьдон руго жал щалали лъаларел.

РечIараб граната кьвагьичIого тIохда къан хутIун буго. Лъиениги зарал ккун гьечIо. Рузман къоялъул радал ккараб гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун цIех-рехалъул идарабаз тIакъсирияб иш рагьун буго.

Хасал идарабаз лъазабухъе гьел кьвагьдарал рекIараб чIегIераб «Приора» автомобильги жалго гьел гIадамалги ралагьизе хасал тадбирал тIоритIулел руго МахIачхъалаялда.

XS
SM
MD
LG