МагъчIваялъе рес

Джемилевасе кьун буго Туркиялъул тIадегIанаб шапакъат


Крымалъул татаразул лидеразул цояв Мустафа Джемилевасе кьун буго Туркиялъул тIадегIанаб шапакъат. Стамбулалда тIобитIараб церемониялда Туркиялъул президент ГIабдулла Гюлица кьуна гьесие Туркиялъул республикаялъул Орден. Крымалда крымалъул татаразул Мажлисалъул бетIерлъун вукIарав Джемилевас баркала кьуна Украиналде къо ккараб мехалда Туркиялъ гьелъие гьабураб кумекалъухъ.
Джамилевас ва Украиналъул президентасул хъулухъалде кандидат Пётр Порошенкоца Гюлилгун дандран руго Украиналда кколел ругел ахирисел лъугьа бахъинал. Гьеб данделъиялда Туркиялъул президентас абун буго Анкараялъ кидаго малъизе гьечIин Россиялъ Крымалъе гьабураб аннексия ва Киевалъе кидаго гьабизе бугин кIвараб кумекин.
XS
SM
MD
LG