МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялда Бергьенлъиялъул къо кIодо гьабизе 15 000 чи вакIарун вукIана


Байрамалъулаб парадалдасаги гIадамазе рагъул гIахьалчагIи ракIалде щвезариялъул «ХвелгьечIеб полк» («Бессмертный Полк») абураб акциялъулъ гIахьаллъизе гъира букIин бихьулеб букIана.

МахIачхъалаялда Бергьенлъиялъул къо
please wait

No media source currently available

0:00 0:05:21 0:00
Интернет-мухъ

ЦохIо гьеб тадбиралъулъ 10 азаргоялдаса цIикIкIун чи гIахьаллъана. Гьевгощинав чи рагъул гIахьалчагIазул сураталги кодор ккун МахIачхъалаялъул аслиял къватIаздасан ана. Гьениб жирдирго инсул суратги босун Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаницаги гIахьалъи гьабуна.

КIудияб ВатIанияб рагъулъ гIахьаллъарал 185 азаргоялдасаги цIцIикIкIун дагъистаниязул 90 азаргогIанчи нахъвуссинчIо. Нахъруссаразда гьоркьосаги 2016 соналъул 9 май кIодо гьабизе 400 гIан чи гурони хутIун гьечIо.

ГIемерисел республикаялъул мухъазда цо-цо гурони хутIун гьечIо гьел рагъул гIахьалчагIи. 9 маялъул байрамалда гIахьаллъизе къватIире рахъун бажарулел цIакъго дагь хутIун руго. Сахлъиялъул рахъ лъикI бугел гьеб байрам кIодо гьабизе Россиялъул президент Владимир Путиница ахIун Кремлялде щун руго.

Гьединазда гьоркьов вукIана Рутул мухъалдаса кIицул Орден Славы щварав Ибрагьимпаша Садикъовги. КIудияб ВатIанияб рагъул бищунго вахIшиял ва гIемер камиял ккарал Сталинградалда ва Курск шагьаралда аскIор рукIарал рагъазул гIахьалчи вуго гьев.

Жив жеги-жеги вагъулев вугила, чанги нухалда макьилъ гьужумазде ине ватулила, 71 сон рагъ лъугIун аниги гьанжеги хъахIаб чадил кесек кодой босулелъул батIияб асар лъугьунилан абулеб буго ветеранас.

Гьереси бицинарила бергьенлъи босиялдаса хадусеб анищ букIанила жидер гIорцIизегIан хъахIаб чед кваназе щвейилан абулеб Ибрагьимпашаца. ТIубараб анкьицаги бакъвараб чIегIераб чадил кесекги хъарсун тIубараб анкьицаги рагъанила жалилан ракIалдещвезабулеб буго ветеранас.

КIочон тезейилан лъугьаниги, гьеб рагъги рагъул кьогIлъиги берда цебесаго инчIила, гьанже-гьанжеги жинда ракIалда ругила Сталинградалъул лъималазул гьурмал.

Гьединал гьурмал тIокIал лъинги рукIинчIого рукIиналъе гIоло 93 сон бан бугониги жив жакъаги вагъизе инаанилан бицунеб букIана 9 май кIодо гьабизе МахIачхъалаялъул аслияб майданалде ракIарарал гIолохъабазе Ибрагьимпашаца.

БотIролъа рагъ нахъе бачахъизейилан лъугьаниги гьениб щвараб микьабго ругъуналъ щибго кIочене биччаларилан бицана ветеранас. Жеги-жеги гьесул бохалда къавухъе буго немцазул минаялъул маххул кесек. Амма чан ругъун щваниги бергьенлъи босичIого рокъов чIезе ракIалда букIинчIин жиндидайилан бицунеб буго Ибргьимпашаца.

Ибрагьимпаша Садикъов: «Дербенталдаса Абрамов Иосифилан абурав рагъулав комиссар вукIана. Мадар лъугьинчIого дун цIидасан рагъде виччазе бокьун букIинчIо гьесие цIакъ. Дун захIматго лъукъун вукIун 1942 соналдаго рокъой витIун вукIана.

Гъажалда минаялъул кесек щун букIана дир, бихъ-бихъизабун хвезабун букIана гъеж. ГIемерисеб нухалда кIичIизабун каранда базабун гIадин букIунаан дица гьеб, гурони унтулаан.

Рагъде тIадвуссине виччайин дунилан абун гIарзаги босун иргадулаб нухалда, дур гъажалда щибин гьабилебилан гьикъана гьес. КигIан унтаниги, кIоларого букIаниги дица гъеж битIизабуна, гьалейин дие щибниги къварилъи гьечIин бичIчIизабулев гIадин вукIана дун.

Дунгун къацандун бажарулареблъи бичIчIарав гIадин гьес ярагъ кодоб кквезе кIолебищилан цIехана дида, кIолин, автоматги босун вагъизе ине хIадурун вугин дунилан лъазабуна дица гьесда».

Патриотал гьечIин гьанжейилан абураб пикруялдаги разигьечIо ветеран. Гьес абулеб буго къо ккани сундухъго балагьичIого нилъер халкъ цолъун цадахъ рахъун ватIан цIунизе лъугьиналда ракIчIолила жиндирилан.

Сахлъиялъул рахъ лъикI гьечIолъиялъ живго гьавурав Рутул мухъалъул Киче росулъ исана 9 маялда рагъда лъимал хутIарал улбузе бараб монумент рагьиялъул тадбиралъулъ гIахьаллъи гьибзе щвечIолъиялъги цIакъ ракIбакъван вугоан ветеран.

Рагъда лъимал тIагIарал улбузе монументал дунялалда гIезегIан руго, амма гьединаб кибниги батилин кколаро, щай гурелъул гьеб буго гIадамаз жидецаго гIарацги данде реххун бараб монумент.

Цониги пачалихъалъул гъурущ хвезабичIила жидеца гьелда тIад, жамагIаталъ гIарацги бакIарун кIварас кIвараб хIалтIиги гьабун бан бахъинабунин гьебилан абулеб буго монументалъе проект бахъарав ХIасанхIусен ГIабдужалиловас.

МагIарухъбукIунеб къоноги тIадккун гIурул хоноялъ бараб гьеб монументалда цIар улбузе бараб бугин абун лъун букIаниги, рагъул кьогIлъи бихьарал киналго руччабазе бараб бугин гьеб. Бихьиназда хьолбохъ рагъулелги, лъукъарал сах гьарулелги, ракъарал кваназарулелги рукIарал киналго руччабазул хIурматалда бан бугин гьебинлан абулеб буго архитекторас.

Гьес бицухъе монумент базе байбихьун буго анкьго соналъ цебе, исана гьелъул аслияб бутIа лъугIун буго, тIубан гьеб лъугIизе ккани кIиго миллион гъурщидасаги цIикIкIун къваригIунила, гьаб сагIат хIалтIи гьеб гIарцуда бан чIчIезе тун бугилан бицана гьес.

XS
SM
MD
LG