МагъчIваялъе рес

Украина: Машрикъалъеги Магърибалъеги гIаммаб мацI батулеб гьечIо


Украиналъул нухмалъиялъ Донецкалъул регионалда лъазабуна хасаб операциялъул режим. Гьелъул фоналда улкаялъул бетIерасул ишал тIуразарулес лъазабулеб буго, Киев разилъизе бегьулин улкаялъул машрикъалъул рахъалда гIумру гьабулез тIалаб гьабулеб референдумалде.

Украиналъул президентасул ишал тIуразарулев Александр Турчиновас лъазабуна, Украиналъул нухмалъи данде гьечIин улка гIуцIиялъул формаялда хурхараб референдумалде. I4 апрелалда телевидениялдасахун кIалъалаго, гьес абуна, референдум тIобитIизе бегьулин 25 маялда, президентасул рищиязда цадахъгойин.

Александр Турчинов, Украиналъул президентасул ишал тIуразарулев
Александр Турчинов, Украиналъул президентасул ишал тIуразарулев
Александр Турчинов: «Дир ракI чIараб буго, парламенталъ президентасул рищиязда цадахъ тIобитIизе хIукму гьабизе бегьулеб референдумалда украиналъулазул аслияб къадаралъ бикьулареб, лъиданиги бачIеб демократияб ва унитарияб Украиналъул рахъ кквезе бугин.»

Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас лъазабуна, Киевалъ гIадахъ босизе кколин референдум тIобитIиялда хурхараб хиса-баси конституциялда гьабулеб мехалда улкаялъул машрикъалъул рахъалдаса гIурус мацIалда кIалъалел гIадамазул интересал цIунизе бугел вакильзабул гIахьаллъиялъул къварагIелин.

Цо-цо экспертаз рикIкIунхъе, Украиналъул машрикъалъул рахъалда пачалихъиял минаби рахъарал Россиялдехун балагьарал гIадамазе референдум тIобитIизе бокьун буго, хадуб жидерго территорияби Россиялъул Федерациялде гъорлъе бачиналъул мурадалда. Украиналъул мацIалда кIалъалеб магърибалъул рахъалда бугеб халкъалъ рахъ кколеб гьечIо федерализациялъул идеялъул.

Ккурал пачалихъиял минаби тун, ярагъ нахъе кьеялда хурхараб Украиналъул нухмалъиялъ лъазабун букIараб ультиматумалъул болжал рагIалде бахъун хадуб, Донецк областалда лъазабун буго хасаб операциялъул режим.

I4 апрелалда Турчиновас лъазабуна Донбассалда тIобитIизе бугин антитеррористияб операция ва ахIвал-хIал кватIичIого рукIалиде бачине бугин.

Итни къоялда Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас, пресс-конференциялда лъазабуна, гьединал галабазде, Москваялъ легитимияблъун рикIкIунареб Украиналъул нухмалъи, гьесизарулел рахъаздаги жавабчилъи букIине кколин гьел галабазул хIасилазда хурхарабин.

Гьесулго рагIабазда, Россиялдехун балагьарал гIадамазде данде къуват хIалтIизабиялъ квешаб асар гьабизе бегьула I7 апрелалда Украиналъул, Россиялъул, Цолъарал Штатазул ва Евроцолъиялъул гIахаьллъигун тIобитIизе планалда бугеб гара-чIвариялде.

Лавровас лъазабуна, гьениб къуват хIалтIизабиялдаса лъиениги пайда букIине гьечIин - я Россиялъе , я Украиналъейин. Гьес нахъ чIвана Украиналъул машрикъалъул рахъалда сепаратистазул хьвада-чIвадиялда нахъ Россиялъул балъгоял агентал ругин абураб лъазаби.
Сергей Лавров, Россиялъул къватIисел ишазул министр
Сергей Лавров, Россиялъул къватIисел ишазул министр


Сергей Лавров: "Украиналъул жанисел ишазде жанибе Россия рагъулаб къагIидаялда лъугьине ккани, кинал шартIал рукIине кколин, лъолеб суалалда хурхун дица спекуляциябицин гьарулаго. Ниж лъугьунаро Украиналъул жинисел ишазде гъорлъе. Гьеб данде кколаро ниже интересазде. Гьенир гьечIо нижер агентал – ГРУялъул рукIа, ФСБялъул рукIа."

Украиналда гьедингоги хIинкъи бугеб ахIвал-хIал Россиялъ дагьалъги хIалуцинабулеб букIиналда бан, Британиялъ Евроцолъи ахIулеб буго Москваялде данде цIиял санкцияби гьариялде. Гьединаб лъазаби гьабуна Британиялъул къватIисел ишазул министр Уильям Хейгица Евроцолъиялъул улкабазул къватисел ишазул идарабазул бутIрузул Люксембургалда тIобитIизесеб гара-чIвариялде щун хадуб.
XS
SM
MD
LG