МагъчIваялъе рес

Умумузул ракьалдаги хIинкъигун


Жакъа Украиналъул бицунаго кIудияб кIвар буссинабулеб буго Россиялъул рагъулал Крымалде щвезарун рукIиналде. Кинаб бербалагьи бугеб крымалъул татаразул бащдабчIинкIиялда лъугьа-бахъиналда сверун?

ТIоцебе балагьараб мехалда Фонтаны-5 росулъ парахалъи бугин ккола. ГIадамал руго жидерго щибаб къойилал ишазда. Амма гIадамалгун кIалъалеб мехалда щунусго гIанав крымалъул татарас гIумру гьабулеб росулъ кIудияб хIинкъи букIин бихьулеб буго.

Гьезул цояз абулеб буго, кинаб парахалъи букIунеб аскIобго бугеб Симферополалъул къватIазда ярагъгун россиялъул рагъулал хьвадулеб мехалдайин! Цогидаз абулеб буго, гьеб гIечIого татаразде тIадекIанцIизе бегьулин абулел харбалги ругин.

Росулъ 55 сон барав Мудасир Кафодарил азбаралда расандулел руго лъималазул лъимал. Анлъго лъимер. Гьесул буго ганчIил кIитIалаяб рукъ.

Мудасир Кафодар: «Нижее бокьун буго парахалъи. Амма Россиялъул рагъулал гьанире Украиналде рачIун, ярагъгун хьвадулел рукIиналъ дун гуревги, киналго хIинкъизарун руго. Лъицианиги щибниги абулеб гьечIо, абулеб гьечIо щал гьел кколелали. Амма баянаб жо ккола, гьел украиналъул яги цоги улкабазул рагъулал кколареблъи. Гьел ккола Россиялъул рагъулал."

Кафодар гьавун вуго Узбекистаналда. Жиндирго ватIан Крымалде гьев нахъ вуссун вуго 2000 соналда. 93 ва 85 сон барал эбел-инсул депортация гьабун букIана I944 соналда. Жиндирго хъизаналъул мина гьес бана жинцаго кьучIодасаго. Гьанже гьев хIинкъун вуго гьелдаса махIрумлъизе бегьиялда бан.

Крымалъул кIигогIан миллион чиясул халкъалдаса татаразул къадар кколеб буго гIага-шагарго I2 процент. Дунялалъул кIиабилеб рагъул заманалда нацистазе квербакъи гьабиялъул гIайиб гIунтIизабун, Иосиф Сталиница гьезул аслияб къадаралъул депортация гьабуна. Жидерго ватIаналде гьел нахъ руссана I99I соналда Украинлъе лъиданиги бачIеб пачалихъалъул статус щун хадуб.

Крымалъул халкъалъул аслияб къадаралъ Евромайдан къабул гьабулеб букIун батачIони, крымалъул татараз гьелъул рахъ кколеб букIана. Президент Виктор Янукович тIаса рехиги гьезие ракIалъе гIуна. Геб гуребги, гьез чIван къотIун загьир гьабуна жидеца Украиналъул лъиданиги бачIоголъиялъул статусалъулги, Крым Украиналда гъорлъ хутIиялъулги ва Украиналъул евроинтеграциялъулги рахъ кколеб букIин. Гьединлъидал гьанже регионалда ва тIолабго Украиналда загьирлъулеб ахIвал-хIалалъ татаразул ургъел ккезабулеб буго ва гьезулъ кIудияб хIинкъиги буго.

Амма жакъа Кафодарил гIадал крымалъул татаразул россиялъул солдатал жидерго территориялда рукIиналъ гуребги цоги хIинкъиги буго. Крымалда гIумру гьабун буго гIурусазул 60 гIанаб проценталъ. Татараз абулеб буго, гьезие кидаго бокьун букIанин Крым Россиялда гъорлъ букIинеян. Жакъа загьирлъулеб ахIвал-хIалалъ раккизарулел ругин батIи-батIиял харбалгиян. Татаразул бищунго рахIат хвезабун буго жидерго росабазде тIадекIанцIиял гьаризе бегьулин абурал харбаз. Гьединаб мисал бачунаго, Кафодарица гIарз гьабулеб буго жалго цIунизе ресал загIипал рукIиналда бан.

Мудасир Кафодар: «Нижеда щиб гьабизе кIолеб? Ниж ккола ракълилаб халкъ. Ниж сундениги хIадурулел гьечIо. Щиб нижеда кIолеб гьабизе? Чанго къоялъ цебе Совет мухъалда сардикь маскаби хурал чагIи рачIун руго татаразул рукъуре. Гьез вухун вуго эменги васги. Гьел гьанже азархаянаялда рагIула. Хабарал руго татараз гIумру гьабулел бакIазде маскаби хурал гIадамал къаси-къаси тIаде кIанцIизе ругин абурал."

«Россия!» «Россия!» абун Симферополалъул къватIазда ахIдолел казаказул ва Россиялдехун балагьарал цогидал гIадамазул фоналда Кафодарица ва гьезул росдал гIадамаз гIамал гьабулеб буго жилго цIуниялъе ресал ралагьизе. Гьесул рагIабазда, къаси-къаси къого гIанав чияс хъаравуллъи гьабулеб буго росулъ. Хъаравуллъиялда ругезухъ ярагъ букIунарин ва жидер хьулал ругин жал ракълилал гIадатиял гIадамал рукIин бичIичIинабун тIадекIанцIиял нахъ чIвазеян.
Мудасир Кафодар: "Ниж ккола крымалъул татарал. Нижеца гIумру гьабун буго гьаниб. Ниж ракълилаб халкъ ккола. Нижер кинал гIаги квешал ишал гьаризе планал гьечIо. Нижеца щибниги лъидениги квешаб рагIи абулеб гьечIо. Гьеле гьединха!"

Крымалъул тахшагьар Симферополалда татаразул жамгIиял хIаракатчагIазулги рахIат хун буго, амма гьез сабру гьабулеб буго. I марталда Крымалъул татаразул мажлис данде бакIарун букIана ва гьелъ ралагьулел рукIана загьирлъулел ахIвал-хIалалда гьаризе бегьулел галаби. Амма гьеб мажлисалъул гIахьалчи ГIали ХIамзийица абулеб буго жинда лъалеб мухIканаб цо жо бугин гьеб ахIвал-хIалалдайин.

ГIали ХIамзайи: «Крымалъул оккупациялъул хIукму гьабун рагIула Путиница. Крымалъулде гуребги, гьес ругъулал ритIула Машрикъалъул Украиналдеги. Дида абизе кIола цо жо, дун гьанисан кивениги лъутизе гьечIо. Кивенги! Дирго ватIаналдаса. Щайгурелъул гьаб Украиналъул ракь кколаро, гьаб гIурусазул ракьги кколаро. Гьаб ккола крымалъул татаразул ракь."
XS
SM
MD
LG