МагъчIваялъе рес

Сочи: бергьаралги къуралги якъинлъана. Лъабабилеб бутIа


Гъоркьисала сентябрь моцIалда Краснодар икълималъул тIадтараз байбихьана Сочиялда изну гьечIого хIалтIулел мигрантазде данде жиндирго кампания.
Гъоркьисала сентябрь моцIалда Краснодар икълималъул тIадтараз байбихьана Сочиялда изну гьечIого хIалтIулел мигрантазде данде жиндирго кампания.

Сочиялда букIинесеб Олимпиадаялде унеб бугеб хIадурлъиялъулъ гIахьаллъи гьаби мурадалда гьениве аза-азар чи вачIун вуго. Амма бихха-хочараб куцалда тIобитIулеб гьеб хIадурлъиялъ лъикIаб рес кьолеб буго цо-къоялъулал фирмабазул бетIерганазе гьеб ахIвал-хIал жидерго пайдаялъе билълъанхъизабизе.

Дагьа-макъаб харж босулев 28 сон барав Евгений Подрезовас кIиго соналъ цебе жиндирго гIагараб Ростов шагьар тун, вачIана Сочиялде Олимпиадаялъул бакIал раялда гIахьаллъи гьаби мурадгун.

Гьесул хьул букIана лъикIалан хIалтIун, хехго мухь босизе, амма гьелъул бакIалда гьев ккана налъулавлъун.

ГIилла гьадинаб буго: хIалтIул бутIруз цониги нухалъ гьесие гIарац кьечIо. Томск шагьаралда регистрация букIараб бакIал раялъул фирма бичIчIулареб куцалда камуна.

Гьелъул директорлъун докумсентазда лъазавурав чи хIакъикъаталда гьоркьохъанлъун вукIун вуго. Гьевги камуна араб бакI лъачIого.

Нусиялда микьго хIалтIухъан вугеб рехсараб идараялъул хIалтIухъаназул налъи баханин нусиялда анлъазарго долларалде, ян лъазабуна Подрезовас.

Хьул къотIарав цогидав хIалтIухъан - Оренбургалдаса Роман Кузнецовас гъоркьисала октябрь моцIалда жиндирго кIал букъун буго протест хIисабалда.

Сочиялда букIине бугеб Олимпиадаялде хIадурлъи гьабиялъе рикIкIен гьечIеб къадаралда гIарац биччаялъ лъикIаб рес кьуна хIилла-макру гьабиялъе.

Цокъоялъулал фирмабазул бутIруз мухьдахъ хIалтIулел гьукъун, мадараб хайир босун, лъутана. Аза-азар чи ккана коррупциялъул ва экономикияб такъсирчилъиялъул къурбаналлъун.

Подрезов ва Кузнецов гIадал цоял – гIурусал, амма руго гьенир цогидалги – Централияб Азиялдаса рачIарал хIалтIул мигранталги. Гъозул гIемерисезеги гIарац кьолеб гьечIо.

Амма гьел гьукъун руго батIияб къагIидаялда. ХIалтIул болжал ахиралде щун хадур гьел гьениса депортация гьарун, нахъе гъун ругоан.

Сочиялда бугеб хIукуматалъул гуреб гIуцIиялъул миграциялъул суалазул рахъалъ бутIаялъул директор Семен Симонов гьабулеб буго баян:

Семён Симонов: «Гьеб хурхараб буго гьенир Олимпиялъул бакIал разе вачIарав азаргоялдаса цIикIкIарав чиясул къисматалда. Гьанже кинабго бан хадуб, гьел гIадамал гьенисе нахъе гъолел руго.

Кьолеб гьечIо гъозие харж, гьезда тIадецуй гьабулеб буго. Ва тIокIаб чара гьечIого гьел гIадамал гьениса нахъе унел руго гъозул документал къануналда данде ккун ругониги».

Жиндихъе аза-азар гIарз бачIун бугин араб соналъул июль моцIалдаса байбихьун, ян тIаде жубалеб буго Семен Симоновас.

Мигрантазул ва хIалтIухъабазул интересал цIунулев адвокат Александр Поповасул рагIабазда рекъон ритIухълъи тIалаб гьаби цIакъ захIматаб иш бугин, щай гурелъул гьеб бугин гъваридго ургъун гьабураб хIилла-макру, гьел киналго фирмаби релъарал ругин – матрешкаялъуб бугеб цойги матрёшкаялда.

48 сон барав Узбекистаналдаса Бахшило Бозоров цо чанго соналъ хIалтIулаан Россиялда.

Доваса гьев вачIун вуго Сочиялде ва кIиго моцIалда жанив хIалтIулев вукIана Олимпиялъул росо баялда.

Москваялда регистрация гьабураб напсияб бетIергьанлъи бугеб фирмаялъ гьесие бащдаб къадаралда мухь кьуна.

Гьес къасд гьабуна диваналде гIарз битIизе Симоновасул кумекалдалъун. Амма хьул къотIарав Бозоровас ахир-къад Сочи тун, ана къватIивехун. Гьев хIинкъана, гьадинаб тIалаб кьварараб къагIидаялда гьабуни жив гьаниса депортация гьабун нахъе гъезе бегьулеблъиялдаса.

Гъоркьисала сентябрь моцIалда Краснодар икълималъул тIадтараз байбихьана изну гьечIого хIалтIулел мигрантазде данде жиндирго кампания.

Иммиграционияб полициялъ ва бакIалъулал казаказ 2013 соналда аза-азар мигрант ккун, гьениса нахъе гъуна. Цогидал ана Сочиялдаса жидеего бокьун.

Бозоровас абулеб буго жиндиеги жиндирго ракьцоязеги бокьун гьечIин тIадтаразулгун гьоркьобакI квещлъизабизе.

Бахшило Бозоров: «ГIемерал гIадамал депортация гьабун нахъе гъун руго гьаниса. Дида цадахъ хIалтIулев вукIарав цояв, масала, церекъад ана рукъове. Гьелдалъун ниж хIинкъула къватIабахъ хьвадизе».
XS
SM
MD
LG