МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул мугьажиразул ахIи


Сириялъул Аллепо шагьаралда 06Дек2012
Сириялъул Аллепо шагьаралда 06Дек2012

Сириялда лъугьун бугеб ахIвал-хIалалда тIасан Цолъарал халкъазул гIуцIиялъ (ООН) чанго нухалъ данделъи тIобитIана. Амма Россиялъги Китаялъги Башар Асадил рахъккуна ва санкциял къабул гьаричIого хутIана.

Гьаб соналъул хасалихъе Асадил аскарияз самолетаздасан топал рана XIX гIасруялда Шамалде гочине ккарал кавказиязул Деерфул росдадеги. Хвана анцI-анцI чи, риххана гIемерал минаби.

Гьеб росдал вакил, Бакълъулазул мухъалъул МелъелтIа росулъа наслуялъул чи, медикиял гIелмабазул кандидат МухIамаднур Нидалица гьабсагIат Дагъистаналъул нухмалъулезда гьарулеб буго Сириялда гражданияб рагъ лъугIизегIанниги жал тIаде къабул гьарейилан, гочине ккаразул статус кьейилан.

Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъул депутаталги, ХIукуматалъул вакилзабиги, вузазул ректоралги гIахьаллъараб бакълъулазул студентазул ва интеллигенциялъул дандеруссиналда 30 ноябралда гьадинаб кIалъай гьабуна Нидалица.

МухIамаднур Нидаль: «Ассаламу гIалайкум, хIурматияб жамагIат! Дун цIакъ вохарав вуго жакъа нужеда, бакълъулазда, гьоркьов вукIиналдаса. Бакълъулазул МелъелтIа росулъа ккола дун. Нижер умумул Дагъистаналдаса гочана гIага-шагарго 115 соналъ цере, имам Шамилил къеркьей лъугIун хадуб. Цин Турциялде ана гьел, хадуб гьенисан Шамалде гочана. ГIемераб гIакъуба-къварилъи бихьана нижер умумузда батIиял ракьазда. Шамалда, Турциялда, Иорданиялда ва цогидалги ГIагараб Бакъбаккул улкабазда риххана магIарулал».

Кавказалдаса мугьажираз гIумру гьабулеб Деерфул росдаде Башар Асадил аскарияз аэропланаздасан топал рана исана ноябралда.

МухIамаднур Нидаль: «Киназдаго лъала ахирал соназда Шамалда рагъ унеб букIин. ГIадатиял шамалъулазе къваригIараб жо гуро гьеб биялтIей. Дица рикIкIуна гьелдалъун бусурбабазда, хасго гIарабазда, данде макру гьабулеб бугилан. Сириялда ругел дагъистаниязе кIудиял камиял кколел руго, гьеб рагъул кьогIлъи хъинтIана нижедаги. Мугьажиразул гIезегIаназ абуна жидее хъизаналгун цадахъ Дагъистаналде гочине бокьун бугилан. Деерфул росу буго мугьажирал-кавказияз гIумру гьабулеб бакI. Пашманаб хIужа ккола, дагьаб цебегIан Асадил рагъулал аэропланаз топал рехана гьеб росдада тIадеги. Гьелдаса хадуб гIемерал гIадамаз росу тана, батIи-батIиял шагьаразде гочине ккана гьел».

Дагъистаниязда ва республикаялъул нухмалъулезда Нидалица гьарулеб буго Шамалда гражданияб рагъ гьоркьоб къотIизегIан жидее Дагъистаналде гочине изну кьеян.

МухIамаднур Нидаль: «Гьаниб бакIарун буго Бакълъулазул мухъалъул жамагIат. Гьездаги тIолалго дагъистанияздаги дица гьарулеб буго нижее къварилъи ккун гочинаруразул статус кьезе квербакъеян ва рагъ сасинегIан Дагъистаналда гьоболлъухъ рукIинегIаги изну кьеян. Нижеца гIарцул рахъалъ кумек гьарулеб гьечIо. Гьаб дандеруссиналда кIуди-кIудиял хъулухъчагIи гIодор чIун руго. Хьул буго Шамалдаса мугьажирзабазул гьаб хитIаб нужеца кIвар кьечIого теларилан».

Балагьизинха нилъер халкъалъ ва тIадчагIаз мугьажирзабазул гьариялъе кинаб жаваб гьабулебали.

XS
SM
MD
LG