МагъчIваялъе рес

КIодо-кIодо гьабун бицунебги гьереси ккола...


Гьал къоязда Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ гIадамал терроризмалде-экстремизмалде ахIиялъухъ такъсиргьабиялъул иш рагьун буго Гъизляралдаса Ибрагьимова Залинада тIад.

ЦIех-рехчагIазул баяназда рекъон исана январалдаса апрелалде щвезегIан Залинаца жиндирго лъалев-хъвалев МухIамадов Ибрагьим жиндаго цадахъ Сириялде ИГИЛалъул кьерулъе лъугьине тIамун вуго. Гьеб мурадгун Ибрагьимоваги МухIамадовги исана июль моцIалда Турциялде роржун руго, гьенисан Сириялде ине ракIалда букIун буго гьезда.

Гьедин августалда Сириялдехун ине бажарун буго Залина Ибрагьимовалъухъ, амма гьелъ цадахъ вилълъине тIамурав МухIамадов турказулги сириялъулги гIорхъода ккун вуго. Гьесда хурхун такъсиргьабиялъул иш рагьиялъе хасал цIех-рехал тIоритIулел руго къуваталъул идараби. ЦIех-рехчагIаз халкъаздагьоркьосеб цIех-рехалде лъазаюн йиго Залина Ибрагьимова.

Гьанибго абизе ккола ИбрагьимовагIадин Дагъистаналдаса ИГИЛалъул кьерухъе унел цойгидал руччабиги камулел гьечIилан. ГIемерисел гьел жидерго росабазда цадахъ унел руго, гьедин хъизаналго цадахъ ИГИЛалде иналъул гIемерал мисалал руго Берикей ва Геджух росабалъ, Дербент шагьаралда, амма росал гьечIел, хасал тадбиразда гьел чIваралги унел руго гьенирего.

Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас гьал къоязда «Газета.ru» ялъе кьураб интервьюялда абулеб буго Дагъистаналдаса гьаб сагIат ИГИЛАлде 600 чи ун вугилан. Дагьалги гьенире унел чагIи камулел гьечIинги абулеб буго республикаялъул нухмалъулес. Амма кин бугониги ахирал саназда экстремистазул кьерулъе унезул къадар гIемерго дагьлъанила.

Гьединал хIасилал жанисел ишазул идарабиги республикаялъул нухмалъиги цадахъ рекъон хIалтIиялъ кканилан лъазабулеб буго ГIабдулатIиповас. Экстремистияб нухде ккарав 60 гIолохъанчи гьениса нахъе цIазе кIванила цохIо исанайилан лъазабулеб буго гьес.

Амма «Московский Комсомолец» газеталъ хъвалеб буго Дагъистаналда цониги хъизан хутIун гьечIила ИГИЛалда гъорлъе чи инчIевилан. Бищунго гIемер гьел Жанубияб Дагъистаналдаса унел ругила, тIубарал хъизаналккун ун гьел киналго чIварал хIужабигицин ругилан хъвалеб буго гьеб газеталъ. Гьел баянал кьучIгьечIел ругилан чIезабулеб буго кавказлъазабулел, гьениб бугеб ахIвал-хIалалда хадур кколел социологаз.

Гьезулго рахъ кколеб буго Кавкзаалда ва хасгьабун шималияб Кавказалъул республикабазда бугеб ахIвал-хIалалъул мониторингал гьарулел, цIех-рехал тIоритIулел, Кавказалда ва Исламалда хурхарал гIелмиял конференциязул гIахьалчагIи Москваялъул пачалихъияб университеталъул социологиялъул факультеталъул студент Дагъистаналдаса ГIалискеров Мусаца ва Гъабардиязулгун – Балкариялдаса Москваялъул Гуманитарияб академиялда социологлъун цIалулев вугев Азамат Кемеевасги.

ГIалискеров Мусаца абулеб буго «Московский комсомолецалъ» Дагъистаналъул щибаб хъизаналдаса чи Сириялде вагъизе унев вугин хъвай гурони, цониги гьел рагIаби уяллъун гьарулеб далил яги баян кьолеб гьечIилан.

ГIалискеров Муса: «ТIоцебе босани дица дирго хIалбихьиялдасан, дирго мисалалдасан абила Дагъистаналда дида гIемер хъизанал лъала ИГИЛалде вагъизе чи инчIев. Гьенире аразул цо-кIиго хъизан гурони дида лъазего лъаларин абизе бегьула. Гьел журналистаз хъвалеб жо буго гьадингояб чIанда. БатIияб хIалалъ кинха гьелда абилеб. Цониги гьединал баянал кьолел журналистас бихьизабеха сундаса босун гьес гьеб хъвалеб бугебали. Гьез гьабураб мониторингищ бугеб, цIех-рехищ бугеб. Щиб бугеб?

Гьаниб –доба рагIанщинаб жо жидецаго тIад къачIа-кIатIайги гьабун ритIухъаб информация бугин абун къватIибе кьей гьеб жо унго-унгояб такъсирчилъи буго. Гьел чагIаз тIубараб халкъалда, республикаялдаго квешаб мугьру лъолеб буго, гьелъул гьабизе кколарищ хIисаб. Дида бичIчIулеб буго гьеб ургъунго кавказалъулазде данде гьабулеб иш букIин, гьелъиеги, жидецаго хъваралде гIадамаз кIвар кьезе букIиналъеги гьез гьединал бадире кIанцIулел бутIрулги лъун ракIалде ккараб-ккараб хъвалеб бугеб».

Азамат Кемеевасул пикруялда рекъонги гьеб цебехун бицен гьабураб «Московский Комсомолец» газеталда рахъарал гIадал макъалабиги баяналги гьел россиялъ бусурбабаздеги кавказалъулаздеги дандегьабулеб бугеб сиясат ритIухъгьабизелъун кьолел руго.

Азамат Кемеев: «Россиялъул пропагандаялъулаб аппараталъул рукIарал кавказофобиялъул ва исламофобиялъул приступал. Цо хасаб, гьоркьобзаманалда гьезул кинабго рокьухълъи украинаялдехун буссун букIана. Гьаб сагIат Украинаялда ва хасгьабун Новороссиялда бугеб захIматаб хIалалъулги, Россиялдаса гьел гIадамазул бугеб разигьечIолъиги гьеб кинабго бахчизабизе, гьеб гIадамазда кIочонтезабизелъун цIидасан байбихьун буго Россиялъ гьеб исламофобия.

Гьединго Россия Сириялда бугеб рагъулъги гIахьаллъулеб бугелъул. Гьеб кинабго ритIухъ гьабизелъун бусурбаби квешаб рахъалъ рихьизаризе, гьезде данде рагъизе кколин абураб пикру гIадамазул ботIролъ бижизабизе гьабулеб сиясат буго гьеб. Гьединго ха шималияб кавказалдаги киналго экстремистал ругин абун баяналги тIиритIизарулел ругел. Цере цохIо кавказофобия букIун батани гьанже хас гьабун бусурбабазде тIаделъун ругин гьелилан абизе бегьула».

Гьединго гьел социологаз рикIкIунеб буго ИГИЛалде гъорлъе унезул къадар гIагараб заманалда дагьлъизе бугилан. Щай гурелъул гьезул кьерулъе аразул гIемерисезул ракIбухIулеб бугила, бацIцIадаб жигьад гьабулебин абун гьез гьарулел ругел такъсиралги гIасилъабиги рихьун гьениса тIуризе хIаракат бахъулеб бугила чангиязин абулеб буго социологаз. КигIан цIакъ ИГИЛалъул пропаганда лъикI хIалтIаниги гьезул унго-унгояб куц дагь-дагьккун бихьизе лъугьунеб бугилан абулеб буго гьез.

XS
SM
MD
LG