МагъчIваялъе рес

Сирия - пачалихъазда гьоркьоб ракьа


Дамаск, 10Фев2016
Дамаск, 10Фев2016

Сириялъул суалалда хурхун пачалихъазул гьоркьорлъаби

Араб анкьалъул ахиралда Туркиялъ Сириялда байбихьана рагъулаб операция. Улкаялъул шималияб рахъалда ругел курдазул позициязда гьез авиакьабиял щвезарун руго. Гьебго заманаялда СагIудиязул ГIарабиялъ жидерго аэропланал ритIулел руго Туркиялъул рахъалда ругел Америкаялъул рагъулаб базаялде ва лъазабулеб буго Сириялде ракьалда рагъулел хасал къуватал ритIизе рес бугинги. Сириялда авиакьабиял чIезе толел рукIиналъул Россиялъги лъазабулеб гьечIо. Щиб гьеб регионада кколеб бугеб ахирал къоязда ва сунде гьелъ рачине рес бугеб?

Туркиялъ ахIулел руго Сириялда халкъаздагьоркьосел партнералгун ракъдалаб операция гьабизе. Гьедин лъазабуна Туркиялъул тIадегIанав хъулухъчияс журналистазе Стамбулалда. Гьесул рагIабазда рекъон, Туркиялда ракIалда гьечIо Сириялда цохIо жидецаго гьеб операция гьабизе, амма гьеб гьабичIого Сириялда рагъ чIезабизе рес гьечIо.

Гьеб улкаялда щуго соналъ халат бахъунеб бугеб рагъ чIезабиялъе чара гьечIого хIажатаб шартIлъун Туркиялъ рикIкIунеб буго президент Башар Асад хъулухъалдаса нахъе ин. Ираналъ ва Россиялъ рахъ кколеб буго Асадил ва гьел разиял гьечIо гьев реххиялда.

Асад кьварун какулеб цоги улка СагIудиязул ГIарабиялъ лъазабуна жал хIадурал ругин Сириялде (Россиялда гьукъараб) «Исламияб пачалихъ» террористияб къукъаялде данде рагъизе хасал къуватал ритIизейин.

Гьелде Ираналъ абуна талат къоялда, Дамаскалъул изну гьечIого Сириялъул территориялда аскарал лъей халкъаздагьоркьосел къанунал хвезари кколин.

Ахираб заманаялда гьеб регионалда хIалуцин цIикIкIун буго Башар Асадил рахъккун Россиялъ гьенир гьарулел авиакьабиял сабаблъун. Москваялъул ишал «хIалихъатал, нахъегIанал ва вахIщиял» ругин рикIкIунеб буго Анкараялъ. Евроцолъиялъул президент Дональд Тусикил пикруялда Сириялъул конфликт рагIалде бахъинабиялъе «хьулцин толеб гьечIо» Москваялъ.

Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул вакилзабаз гьаб анкьалъул авалалда лъазабуна Шималияб Сириялда щуго медицинаялъул идараялда ва кIиго школаялда щварал авиакьабиязул хIасилалда 50 гIадатияв чи хун вугин, гьезда гьоркьор лъималги ругин. Россиялъ абулеб буго гьеб жидер иш гурин ва «гIиллаго гьечIого гIайиб гьабулеб бугин» жидедайин.

Сириялъул кIодолъиялъул рахъалъ кIиабилеб шагьар Алеппоялда сверун кIудияб гьужум гьабун букIана пачалихъиял къуватаз Россиялъул аэропланазул кумекалдалъун ва гьеб киналъулго хIасилалда гьениса Туркиялде лъутулезул къадар лъалаго цIикIкIун буго.

Сириялда президент Башар Асадил рахъккун стратегияб гъалат гьабулеб бугин Россиялъин рикIкIунеб буго Америкаялъул президент Барак Обамаца.

Гьесул рагIабазда рекъон, Россиялъ Сирия «хьуцIцIилъе» цIалеб буго ва гьенив президент Владимир Путингун къеркьезе ракIалда гьечIо гьесда.

«Гьаб ахIвал-хIалалда нилъеца кьезе ккола цо суал, тIубанго биххараб ва жинда квер-чIваялъе миллиардал долларал кьезе кколеб пачалихъалъул гьудуллъи щибизе Россиялъе къваригIун бугебин абураб?»-ян гьикъулеб букIана Барак Обамаца талат къоялда журналистазе. Гьес рикIкIунеб буго Сириялъе даимаб оккупация гьаби Россиялъе цIакъго хираго чIезе бугин. Сириялъул ункъго бутIаги гьабун лъабго бутIа жегиги Асадил контролалда гъоркь бугин ва гIагараб заманаялда гьеб ахIвал-хIал хисизе гьечIин абуна гьес.

Сириялда 260 азаргоялдаса цIикIкIун чи чIвараб рагъулаб конфликт рагIалде бахъинабизе кIолеб гьечIолъиялъул гIайибги Обамаца гьабуна Россиялда. Ахирал къоязда гIадин Россиялъ гьенире бомбаби жеги разе ратани, Сириялъул оппозициялъги кьвагьи чIезе тезе гьечIин абулеб буго Обамаца.

Гьебго заманаялда Сирия разилъун буго улкаялъул сверун ккун бугеб анкьго мухъалде гуманитарияб кумек биччазе. Гьедин лъазабулеб буго Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ. Гьезго абулеб буго гIагарал къоязда рахIмуялъул кумекгун гьенире ине жидеца колоннаби хIадур гьабулел ругин.

Алманиялъул канцлер Ангела меркелица лъазабуна арбагI къоялда Сириялда лъугьун бугеб гуманитарияб ахIвал-хIал кинго букIине бегьулеб жо гурин. Гьелъ рикIкIунеб буго гьеб улкаялда ракълилаб халкъ цIунизелъун тIасан аэропланал роржунареб зона чIезабизе кколин.

Исламистазул яргъидгIуцIаразда кьабиял щвезарулел коалициялъул къуватаз цоцалъ, Асадил рахъ ккурал хIукуматалъул къуваталгун ва рагъулаб оппозициягун гьединаб къотIи гьабизе кколин абуна Меркелица Бундестагалда калам гьабулаго.

Гьелдаса цебе гьебго арбагI къоялда Туркиялъул президент Ражаб Эрдогъаница лъазабуна бакIалъул телевидениялдасан жидер гIурхъабазда кьвагьи лъурал Сириялъул курдазде данде гьабулеб операция жидеца чIезе тезе гьечIин. Гьесул пикруялда, гьез, Россиялъул авиакьабияздаса пайда босун, цIиял-цIиял территориял кверде росулел руго. Гьес халкъаздагьоркьосеб жамгIият ахIана Сириялда Россиялъул ишазе ва президент Асадие кьварараб къимат кьезе.

XS
SM
MD
LG