МагъчIваялъе рес

ШихсагIидов нахъе аравищ инчIевищ?


Хизри ШихсагIидов ва Рамазан ГIабдулатIипов (кванариса)
Хизри ШихсагIидов ва Рамазан ГIабдулатIипов (кванариса)

17 августалда МахIачхъалаялда хабар букIана республикаялъул парламенталъул спикер Хизри ШихсагIидов хъулухъалдаса нахъе унев вугилан. Амма Халкъияб Мажлисалъул информациялъулгун анализ гьабиялъул бутIаялъ гьеб гьереси гьабуна. Кин букIаниги, хIукуматалда ругел чагIаз ритIухъ гьабулеб буго спикер нахъе унев вукIин. ГIадатиял дагъистаниязин абуни байбихьун буго спикерасул бакIалде кандидатал рехсезе.

Гьадин хъвалеб буго Халкъияб Мажлисалъул официалияб сайталда: «ГьабсагIаталда Халкъияб Мажлисалъул нухмалъулев Хизри ШихсагIидов хIухьбахъулев вуго. Жиндирго хъулухъалдаса нахъе иналда бан гьес хъвараб кинабгIаги гIарзаги гьечIо».

Амма кин букIаниги, республикаялда гIемерисел божулел гьечIо гьелда. Жидерго щаклъиги гьез хурхинабулеб буго исана августалъул кIиабилеб къоялъ туснахъ гьавурав Хизри ШихсагIидовасул вас, Буйнакск мухъалъул нухмалъулев Даниял ШихсагIидовасда. Халимбекаул росулъ лъималазул ясли-ах базейин пачалихъалъ риччарал миллионал гьесги жеги кIигоясги рикъиялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго низам цIунулез.

Гьединаб жо жиндир васасда хурхун бицунеб бугеб мехалда цойги бокьараб къватIисеб пачалихъалда хъван гIарзагун хъулухъчи нахъе унеб гIадат бугин бицана ЭР-ялъе Маркъо ШагIбановас. Гьев ккола журналист ва аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев. Республикаялъул хIукуматалда хIалтIулел, божизе бегьулел чагIаз гьесда бицун буго Хизри ШихсагIидовас унголъунги хъван бугин нахъе иналъул гIарза. Жиндирго хIалтIиги вице-спикер СайгидахIмад АхIмадовасда тIадкъан бугилан. Депутатал риидалил каникулаздаса тIадруссингун, тIоцебесеб сессиялда гьоркьоб лъезе рагIула спикерасул суал. Гьединго Маркъо ШагIбановас рикIкIунеб буго Хизри ШихсагIидовги гIантав, яги политикаялда хадув гъей гьечIев чи гурелъул, гьесдаги бичIчIулеб батилила жиндир вас туснахъалда тIамун, цинги низам цIунулез жиндир рокъобги чIухь байдал, кигIан жиндие бокьаниги, хадувккун жив гьеб хъулухъалда тунгутIи.

Гьединго республикаялда бицен буго гьебщинаб ахIи-хIур жинда сверухъ бахъиндал, Хизри ШихсагIидов кумек гьарун Азербайжаналъул президент Илгьам ГIалиевасухъе ун вукIун вугин. Гьезул ригьнал гIагарлъи буго цоцазулгун. Илгьам ГIалиевасда Хизри ШихсагIидовас гьарун бугин жиндир хIакъалъулъ Россиялъул президент Владимир Путинихъе кIалъайилан. Гьелда тIасан гьадинаб пикру загьир гьабулеб буго Маркъо ШагIбановас ЭР-ялъе.

Маркъо ШагIбанов: «Гьединаб гьаригун гъос ахIараб гIадин бицунеб бугоха экспертаз. Амма гьес унголъунги гьедин батани, Хизри ШихсагIидовас жиндирго карьераялда тIад хIучч цIараблъун рикIкIине бегьула. Щайгурелъул къватIиса хIукуматалъул чияс Россиялъул президентасда гьаризе кканани (ШихсагIидовасни ГIалиевасда гьариялъе гIилла батила жеги гьезул кIиязулго миллат тюрк мацIалда кIалъалеб букIиналъги), гьеб жо сиясаталъул мацIалда «щуабилеб колоннайин» абула. Вас туснахъ гьавиги рокъоб чIухь байги Хизри ШихсагIидовасухъе битIараб «рисалат» гIадаб жо. Гьединлъидал гьес хъвазе ккола нахъе иналъул гIарза».

Хизри ШихсагIидов хъулухъалдаса нахъе унев гьечIилан Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъ официалияб лъазаби гьабулебгIан заманаялда фейсбукалдасан гIадатиял дагъистанияз байбихьана гваялда спикерлъиялде кандидатазул цIарал рехсезе.

Масала, «Черновик» газеталъул журналист МухIамад МухIамадовас байбихьана гьединаб цIех-рех гьабизе. Хизри ШихсагIидов спикерлъиялдаса нахъе ани, гIадамал хъулухъазда теялда бан Дагъистаналда бугеб гIадатги хIисабалде босун, гьесул бакIалде кинав лъарагIавин вачIуневин лъун буго гьес суал. Гьенир кьолел руго гьадинал чагIазул цIарал – Зайдин Жамбулатов (Дагъистаналъул росдал магIишаталъул академиялъул нухмалъулев), Джамал Къасумов (Халкъияб Мажлисалъул депутат), Сапиюла Карачаев (тIабигIат цIуниялъул министр), БатIал БатIалов (росдал магIишаталъул министр), ХIамид ГIалигишиев (Халкъияб Мажлисалъул депутат). Гьезда гьоркьоса лъабгоял ккола Хизри ШихсагIидовасул гIагарал чагIи – Къасумовги, Жамбулатовги, ГIалигишиевги.

Амма гьел киназдаго гьоркьоса спикерлъун вачIине бищунго кIудияб рес Сапиюла Карачаевасул бугин рикIкIунеб буго цевехун рехсарав Маркъо ШагIбановас. Гьединго жибго спикерасул хъулухъалдеги гьабсагIаталда чара гьечIого лъарагI миллаталъул чи вачIунин абулеб буго Маркъо ШагIбановас.

Маркъо ШагIбанов: «ГIадатлъун билълъараб жо буго лъабабго хъулухъ бищун кIудияб лъабго миллаталда гьоркьоб бикьи. ГIадаталда рекъон, лъабабилеб хъулухъ лъарагIазул кодоб букIуна. Гьедин букIинчIебани, масала, гьеб хъулухъ лезгиязе щолеб букIарабани, Сайпула Исакъов абурав спикер хисулев вугелъул, гьев вукIинеги бегьилаан ШихсагIидовасул бакIалда. ЛъарагIазда гьоркьоса гьеб хъулухъалде вачIине кколин якъинго абизе бегьулев чи вихьулев гьечIо. Живго Хизри ШихсагIидовасе бокьизе бегьила гьеб бакIалда жиндирго гIагарав ва божарав чи Зайдин Жамбулатов вукIине. Амма цо-цояз абулеб буго Сапиюла Карачаев вукIине бегьулин гьеб хъулухъалда. Цониги лъарагIазул багъа-бачари ккани, гьеб къинабизе кIолев, гIадамалги гIенеккулев, иш нухда бачун бажарулев чи хIисабалда ва Рамазан ГIабдулатIиповасулгун лъикIаб гьоркьоблъи бугев чи хIисабалда рехсолеб батизе бегьула гьесул цIар экспертаз. Гьез абулелъул хIисаб гьабуни Зайдин Жамбулатовасухъ лъарагIал киданиги гIенеккиларо. Гьеб миллаталда гъорлъ ссиги, гIадамаз хIурмат гьабиги гьечIо. ЛъикIав чи ватизеги бегьула гьев, амма гьесухъ халъкъ гIенеккуларо. Гьев вуго хIалтIулеб рокъов къан вукIунев интеллигент гIадав чи. Гьев кIудияб ва бажари бугеб гIагарлъи бугев чи вукIаниги, къватIиве вахъун гIадамалгун дандчIван суалал тIуран бажаруларо Зайдинихъ. Гьединлъидал гьеб бакIалде вачIине бищун цIикIкIун ресал Сапиюла Карачаевасул ругин ккола дида».

Журналист МухIамад МухIамадовас фейсбукалда тIобитIулеб цIех-рехалда бищун гIемер гьаркьал гьабсагIаталда щун руго Зайдин Жамбулатовасе.

XS
SM
MD
LG