МагъчIваялъе рес

Кавказалда кавказалъулал гьечIеб Олимпиада


Cочиялъул стадионалде унел каваби цlунарал полициявги казакги гьезул гьвеги. 17Янв2014
Cочиялъул стадионалде унел каваби цlунарал полициявги казакги гьезул гьвеги. 17Янв2014

Исана февралалда Сочиялда Олимпиада тIобитIизе букIиналъул бицунаго, аслияб куцалда гьелдаго цадахъ гIемер бицунеблъун лъугьун буго гьеб регионалда терроралдаса ва экстремизмалдаса хIинкъи гьечIолъи чIезабизе ккеялъул масъалаги.

Январалъул байбихьуда Сочиялда бугеб ахIвал-хIалалъухъ балагьизе щварав Россиялъул президент Владимир Путиница Волгоградалда ва Пятигорскиялда ккарал лъугьа-бахъиналги хIисабалде росун, тIадал идарабазе буюрухъ кьуна регионалда хIинкъи гьечIолъиялъул рахъ къвакIизабизе ва Олимпиада тIобитIулеб заманалда гьелде хасаб кIвар кьезе.

Россиялъул президентас Сочиялде сапар бухьараб къоялдаса нахъе батIи-батIиял информациялъул алатаз бицине байбихьана Олимпиадаялде кавказалъулал риччазе гьечIин абурал харбал, хасго Дагъистаналдаса, Чачаналдаса ва Гъалгъалъа. Гьединаб жо улкаялъул Конституциялде данде кколеб гьечIониги, рехсарал республикабаздаса къватIире рахъаразда гьоркьоса «тIаса рищаралги» Сочиялде риччан, хутIарал тIадруссинаризе рагIула. Олимпиадаялде ине бокьарал чагIаз жидерго республикабазул хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул идараялде хъвазе кколеб буго цебеккунго кагъат. Гьеб хIужаялда сверухъ гIемерал бахIсал руго интернеталдаги. Кавказалъулал рихараз хъвалеб буго «чIегIерал» Олимпидаялде риччангутIи битIараб иш бугин ва гьел централияб Россиялдего риччазе бегьуларин. Цогидаз рикIкIунеб буго, хасал регионаздаса гIадамал Олимпиадаялде гьукъи, Россиялда инсанасул ихтиярал хвезариялъул гIаламат бугин.

Олимпиадаялда сверухъ ругел харбазда тIасан пикру загьир гьабуна ДРялъул президентасул гIакълучи Деньга Халидовас.

Халидов Деньга: «Дагъистаналдаса, Чачаналдаса ва Ингушетиялдаса гIадамал щай гьукъизе кколел Олимпиадаялде ине? Гьезие нух къалеб батани Кабардино-Балкариялъул гIадамалги гьукъизе ккола, щайгурелъул, гьенибги буго церехун рехсарал республикабаздаго гIадинаб ахIвал-хIал. Олимпиадаялда сверухъ рицунел гьел харбал дица рикIкIуна кьучI гьечIеллъун. Дагьал цере къоязда дун щвана Адлералде ва нухда дандчIвачIо киналгIаги захIмалъаби. Цебеялда данде ккун хисараб жо щибгIаги гьечIо. ГьабсагIат ахIвал-хIал кинаб бугебали нилъеда бихьулеб буго ва хал-шал гьабичIого, кодоб бугелъухъ балагьичIого Северияб Кавказалъул республикабаздаса чагIи Сочиялде риччаларо. Амма чIухь бан цIакъго рахIатхвезаби законалда данде кколеб иш гуро».

Журналист ХIасанов Темирханил пикруялда рекъон, Олимпиадаялде кавказалъулал риччангутIиялдаса пайда-хайир лъиего ккезе рагIуларо ва дагьаб цебе баккараб гьеб хабар гьересияблъун букIин хIакъаб бугила.

ХIасанов Темирхан: «Цо-цо информациялъулал алатаз гьеб хабар понцIозабиялъе гIилла бичIчIуларо дида. ХIатта, Волгоградалда ва Пятигорскиялда ккарал кьвагьияздагицин хурхинабулеб буго гьеб хабар. Кавказалъулал Олимпиадаялде риччачIого рукIиналъе гIоло Волгоградалда Россиялъул хасал хъулухъаз кьвагьизабунин вокзалилан абулелги камулел гьечIо. ГIадамазда гьоркьор гьел харбал тIиритIизари ккола, Россиялъул халкъазда гьоркьор рикьалаби ккезариялъул ва гьеб букIана доб теракт гьабуразул мурадги. ХIисаб гьабураб заманалда, хъачагъазе рекIее бокьухъин кколеб буго кинабго. Россиялъул хасал идарабаз гуро терактал гьарулел ва къваригIел гьечIел харбал рицун миллатал данде тIамулел. Гьеб кинабго буго Россиялде данде чIараб къуваталъул хIалтIи».

Сочиялда гIумру гьабулев Расулов Рамазаницайин абуни бицана, хIакъикъаталдаги, кавказалъулазде данде гьабулеб хIалтIи гьениб букIин жинда бихьуларила, гIадлу-низам хвезабурав чи щив ватаниги, гьевги тамихIалде цIалила.

Расулов Рамазан: «ГIарабазул аби буго мун щвараб бакIалда цо бер бугел чагIи ратании, дуцаги цояб бер бахчизабейилан, ай дудего кIвар буссинабичIого букIинелъун. Доре щведалги дозул гIадаталги цIунун къартIалда хьвадулел ругони щибго букIунаро, дуда кIалъалев чиги кколаро. Щивав чиясда лъазе ккола улкаялда ва гьеб бахун къватIиб лъугьа-бахъунеб. Гьединги бугеб мехалда, лъазабуна болельщикасул паспорт кодоб бугев яги Сочиялда хъвай-хъвагIай бугев чи гурони гьениве виччазе гьечIилан.
Кавказалъулав вукIа, неграв вукIа, цогидав вукIа батIалъи гьечIо – къанун киназего цо буго».

ДРялъул президентасул ва хIукуматалъул пресс-хъулухъалъин абуни лъазабуна Олимпиадаялда сверухъ ругел гьел харбал жидеда рагIичIин ва кавказалъулал Сочиялде риччаялъул ялъуни риччангутIиялъул рахъалъ щибго абизеги кIоларин.
XS
SM
MD
LG