МагъчIваялъе рес

Пропаганда "цIoрораб рекъелалъул" хъулухъалда


2014 соналда Россиялъул пропагандаялъул сурсатаз цIакъ кIудияб жигарлъи бихьизабуна къватIисел улкабазда. Жибго улкаялда жаниб гIадамал Кремлалъ абурабщиналда божизаризе гIамал гьабулеб батани, къватIиб гьез хIаракат бахъулеб буго гIадамал къосинаризе.

2 маялда Россиялъул рахъ ккурал демонстрантазул 40 чи хвараб Одессаялъул профсоюзазул минаялда жаниб тIохтурас хIаракат бахъулеб букIун буго гьел гIадамал хвасар гьаризе.

«Тохтур вукIиналъ, дица гIамал гьабулеб букIана гьезул цояв гIаги хвасар гьавизе. Амма дун чIезавуна Украиналъул радикал-националистаз», - ян хъван букIун буго гьес Facebook-алда. Украиналъул цIияб нухмалъи рехсон, гьес хIалтIизарулел рукIун руго гьеб хIакъир гьабулеб лексиса. «Цояс тункун хьибилалдеххун дун реххулаго абуна, кватIичIого гьединабго къисмат букIине бугин дирги Одессаялда гIумру гьабун ругел цогидал жугьутIазулгиян», абун халат бахъинабун буго аквторас жиндирго хъвай-хъвагIай Facebook-алда.

Амма эмоционалияб хъвай-хъвагIай букIун буго гьересияб. Одессаялдаса гьединав «тохтур» киданиги вукIунцIин гьечIо. Гьеб «лъугьа-бахъин» хъварав чияс жиндирго посталда лъун буго жинда киданиги вихьичIев, азарго километралъ довегIан гIумру гьабун вугев стоматологасул сурат. Хадуб гьесул хъвай-хъвагIат тIагIун буго Facebook-алдаса.

Гьедин букIаниги, гьеб гьумер гIуралъ тIибитIун буго интернеталда. Гьеб бахъун буго Магърибалъул информалатаздаги. Мисалалъе, гьеб хIалтIизабун буго жиндирго макъалаялда Guardian газетаялъул автор Джон Пилгерица.

20I4-билеб сон лъугьана Кремлалъ гIарац кьолел информалатал тIолабго дунялалда хIалтIи тIибитIизабиялъул сонлъун. Россиялъул телевидениеялъ Магъриб бихьизабулеб буго Москваялъул асар бугеб «гIадатиял» сфераби жинхъего буссинабизе гIамал гьабулеб, намус, яхI гьечIеб рахъ хIисабалда. Москваялъ цIиккIинабуна къватIисел мацIазда эфир, рагьана цо-цояз абухъего, цIияб «информациялъулаб рагъ» тIобитIиялъул хасаб информациялъулаб агентлъи.

МухIканго лъалеб гьечIо гьанжеги щив кколев Одессаялдаса «тохтур» интернеталъул фабрикацияйищ яги Россиялъ гIарац кьун ккурал «интернет-троллаз» ургъараб персонажищали. Амма Россиялъул пачалихъиял информалатаз парахатаб къагIидаялда тIиритIизарулел руго гьединалги жидецаго ургъаралги «маргьаби».

Россиялъул лъабго пачалихъияб телеканалалъухъ балагьулел гIадамал божизарун рукIана Украиналъул солдатаз Славянск шагьаралъул майданалда лъабго сон барав вас магIаз хъорщода чIван вукIиналда, Украиналъул машрикъалъул рахъалда гIумру гьабун ругел гIурусал жанир кквеялъе нацистазул мархьиял ралел рукIиналда ва Украиналъул нухъмалъиялъул хъулухъчагIазул сатанистазулгун бухьен букIиналда.

Гьединаб информация чIорогосел харбал рукIин чIезабун букIаниги, телевидениялъул информациялдаса пайда босулел россиялъулазул 94 проценталда гъорлъан, 50 процент божулеб буго Россиялъул телеканалаз кьолеб контенталда. Гьеб бихьизабулеб буго Левада-централъ гьабураб гьикъа-бакъиялъул хIассилаз.

Эркенлъи радиоялъе пачалихъиял информалатазул ролалъул бицунаго, «Россия» телеканалъул журналист Андрей Кондрашовас жив вохун вукIин загьир гьабуна лъугьа-бахъиназда сверун гьес абухъего «официалияб магIнаги журналистикаги цолъун букIиналда» бан.

Андрей Кондрашов: «Дицани чIван къотIарал гIорхъаби чIезарилароан гьел терминазда гьоркьор. Щайгурелъул кIиго системаялъул, кIиго цивилизациялъул хIакъаб дандечIей унеб мехалда лъицаниги хIаракат бахъулеб гьечIо цояб цоялдаса батIа гьабизе. Гьеб буго цо сфера гьанже. Гьанже информалатазда бугеб бокьараб пропаганда ккола жибго журналистика».

«Россия кколин Цолъарал Штатал радиоактивияб хIуралде буссинабизе бажарулеб цого-цо улкайин» абурав Кремлалъул аслияв пропагандист Дмитрий Киселевас ноябралда хIалтIизе биччана «Спутник» абураб цIияб информациялъул агентлъи. Гьесул рагIабазда 2015 соналъул ахиралде щвелелде «Спутникалъ» жиндирго трансляция гьабизе буго 34 улкаялде 30 мацIалда.

XS
SM
MD
LG