МагъчIваялъе рес

БахIарчилъи ва хIалихьалъи


Сочи, Сентябрь 23, 2013
Сочи, Сентябрь 23, 2013

Цоги гIадамаздаго гIадин кавказалъулазда хурхунги яги гьезул гIахьаллъигунги Россиялда кколел руго лъикIалги квешалги ишал, амма улкаялъул информалатаз гIатIидго бицен гьабула квешаб рахъалъул ва, рорчIулел рукIаго, цIар бахъуларо лъикIал рахъазул.

14 ноябралда Хабаровскиялда, Дагъистаналдаса спортсменаз бухIулеб букIараб трамваялъуса хвасар гьавуна 20-гIанасев чи. БахIарчилъиялдаса чIухIарал ракьцояз гьелъул бицун бахъиналдего, цогидаб хабар бачIана Кисловодскиялдаса. Гьеб шагьаралъул къотIноб лезгинка кьурдаралъухъ Кисловодскиялъул медколледжалдаса нахъе къотIун вуго 18 студент. Гьединго, 16 ноябралда пачалихъияб университеталде хIижаб чIван рачIине гьукъараб документ къабул гьабуна Волгоградалдаги.

Хабаровск

Интернеталда ругел пачалихъиял гурел СМИяздасан гьеб хабар цIалун хадуб, хIаракат бахъана централиял СМИяз гьелъул бицунищали халгьабизе. ЦIар бахъулеб рагIичIо. ГIицIго ТВЦялдасан бицана гьеб лъугьа-бахъиналъул ва цо чанго нухалда абуна дагъистаниял, хIакъикъаталдаги, бахIарзал ругин ва жакъа гIадаб заманалда гьединал гIемер хутIун гьечIин.

Спортсменазул тренер Зубер Жапаровас бицухъе, гьел Хабаровскиялде рачIун руго гьениб тIобитIизе бугеб боксалъул рахъалъ Россиялъул чемионаталда гIахьаллъизелъун.

Гьеб лъугьа-бахъиналда бан, шагьаралъул администрациялда тIобитIана пресс-конференцияцин. БахIарчилъиялъухъ дагъистаниязе ракI-ракIалъулаб баркалаги кьуна, гIарцулал сайгъаталги гьаруна. 22 ноябралда, чемпионат рагьулаго, гьенибги нилъер спортсменазе баркала кьезе рачIана Россиялъул МЧСалъул ва краялъул нухмалъулел.

Интернеталда ругел социалиял мухъазда гьеб лъугьа-бахъиналда сверухъ гIемер бицен ккана. Аслияб куцалда, гIолилаз загьир гьабулеб букIана гьединал лъугьа-бахъиназул бицинчIого, кавказалъулазе батIияб «имидж» СМИяз гьабиялда ва дагьаб мехалдасан гьеб бахIарчилъиги кIочон тун, квешаб рахъалдасан цо щибниги бицине батиялда.

Кисловодск

Кисловодскиялда медицинаялъул колледжалда цIалулев вукIарав I8 студент нахъе витIана шагьаралда лезгинка кьурдаралъухъ. Гьеб иш шагьаралъул гIадамаз ва полициялъ жамгIияб низам хвезабилъун рикIкIана. Гьединлъидал, вузалъул нухмалъулез «нижеего бокьун» нахъе унел ругин гIарза хъвазабуна киназдаго.

Ставрополь краялъул МВДялъул баяназда рекъон, законалъ гьукъараб ишлъун рикIкIун буго гьез, гIолилаз къватIахъ лезгинка кьурди.
«Студентал нахъе гьаруна лезгинкаялъухъ гуреб, жамгIияб низам хвезабиялъухъ, - ан бицана МВДялъул хIалтIухъанас журналистазда. – Гьел кьурдулел рукIаралани гьаркьал рахъинаричIого, гьездехун дагIба букIиналда дир щаклъи буго. Медицинаялъул лъай щолел гIолилазул хьвада-чIвади гьединаб букIине бегьуларо».

МВДялда бицухъе, кисловодскиялъулазе студентазул кьурди рекIее гIун гьечIо. Гьеб кколила курорталъулаб шагьар. Гьединлъидал, тохтурзабилъун цIалулел гIолилазул хьвада-чIвади гьединаб букIиналда разилъи лъилго букIине рес гьечIила. МВД гуребги, гьеб ишалде гъорлъ лъугьана Ставрополь краялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоги.

Колледжалде, МВДялдаса гуребги, студентал эркен гьареян хъвараб кагъат бачIун буго прокуратураялдасанги. Гьел гIолилазда гьоркьор дагъистаниял гьечIо. Амма гьел киналго ккола Кавказалдаса: Гъалгъалъа, Шималияб Осетиялдаса ва Кабардино-Балкариялдаса. Гьезул жидерго рагIабазда рекъон, къаси ичIго тIубараб гIужалда кафеялда аскIоб гьел кьурдун руго. КIодо гьабулеб букIун буго гьалмагъасул гьавураб къо.

Колледжалъул директор Николай Истошиница бицана студентал лъицаниги нахъе ритIулел рукIинчIин ва жидеего бокьун хъванин гьез гIарзалгиян. Къануналда рекъон, колледжалде тIадруссине рес буго гьезул. Гьеб гьабизе ккани, цо гIарза хъвараб гIола. Студентазул пикруялда рекъон, гьеб лъугьа-бахъин ккун буго миллатчилъиялъул кьочIода. «Нижер 18 чи вукIана. Я мехтун рукIинчIо, я наркотикал, хъалиян нижеца бухIун букIинчIо. Я ярагъ, нус щибго букIинчIо. Нижеда щиб лъалеб букIараб, Кисловодскиялъул кафеялда кьурдизе бегьулареблъи», - ян абулеб буго студентаз cоциалиял сайтазда.

Лъай кьеялъул комитеталъул вакил Олег Смолиницаги, ихтиярал цIунулев юрист Александр Верховскиясги, цогидал гIемеразги абулеб буго кьурдаралъухъ гьединаб тамихI гьаби тIасанккараб хIужалъун рикIкIунин. Миллатал гIемераб шагьаралда жеги рагIун букIинчIила миллияб кьурди гьабуралъухъ полициялде рачунел ва вузалдаса нахъе рехулел.

Волгоград

Волгоградалъул пачалихъияб университеталда тIобитIана студентазул данделъи. Гьоркьоб лъун букIана вузалде рачIунелъул ретIунеб ратIлил суал. ПалхIасил, тапочкаби ретIине бегьунгутIиялда цадахъго гьукъана хIижабал чIвазеги.
Гьеб хиса-басиялда дандечIун руго вузалда цIалулей лъабго бусурбанай гIолилай. Гьезул рахъккун буго Кавказалдаса гIолилазги. Амма гIемерисез хIижабалда данде кьун руго гьаркьал.
XS
SM
MD
LG